Аслияб гьумералде

ГӀибадаталде кин сверизарилел?

ГӀибадаталде кин сверизарилел?

ЧӀужугӀадан йикIуна рукъалъул хӀалтӀаби тIуралей. РацӀцӀа-ракъалъи, квен, лъималазул ургъел, росасе хъулухъ гьаби гIадал. Гьел ишал дунялалъулаллъун ва кӀвар гьечӀеллъун рихьизеги бегьула, амма исламалда бищунго гӀадатал ишалцин лъугьине рес буго гӀибадатлъун – гьел Аллагь разилъиялъул къасдгун гьарулел ругони.

 

Нияталъул къуваталъул хӀакъалъулъ МухӀаммад аварагас ﷺ абуна: «ХӀакъикъаталдаги, ишазул къимат гьабула гьезул къасдаздалъун, щивав чиясе кьезе буго гьес къасд гьабураб жо», - ян (Бухари, Муслим). Гьеб хӀадис ккола нияталъ щибаб къойил гьарулел ишал гӀибадаталде руссинаризе бегьулеб куц бичӀчӀиялъе кьучӀлъун. Рукъ бацӀцӀад гьабулей, квен гьабулей, лъималазул тӀалаб-агъаз гьабулей чӀужугӀаданалъе кири щвезе бегьула, гьелъ гьеб Аллагьасе гӀоло, БетӀергьан разилъи тӀалаб гьабун гьабулеб бугони.

ГӀибадатлъун лъугьунел рукъалъул хӀалтӀабазул мисалал.

  1. Хъизан хӀалалаб квеналдалъун гIорцIизабизе, гӀагарлъиялъул сахлъи лъикӀлъизабизе, рахӀатаб ахӀвал-хӀал гӀуцӀизе къасдгун квен гьаби.
  2. Рукъ бацӀцӀад гьаби – Аллагьасе бокьулеб рацӀцӀа-ракъалъи цӀуниялъул ва рукъалъул магӀишаталъе гӀумру бигьа гьабиялъул, сахлъиялъе квалквал ккечIого букIиналъул нияталда.
  3. Лъималазул ургъел гьаби – ритӀухъаб гӀел гӀезабиялъул ва гьезулъ исламалде рокьи бижизабиялъул къасдгун.
  4. Росасул ургъел гьаби – хъизан щула гьабиялъул къасдгун, Аварагасул ﷺ лъудбуздаса мисалги босун, кIванагIан гьесул разилъи тIалаб гьаби. Рос разилъиялъулъ Аллагь разилъи букIин кьочIоеги босун, ракI-ракIалъ гьесие хъулухъ гьаби. Ва гьедин щибаб ишалъулъ Аллагь разияб къасд балагьила, ният цIи гьабила.
  5. ХIукуматалъул хIалтIабазда ругезеги рес буго бокьараб хIалтIи гIибадаталде сверизабизе. Аллагьасул лагъзазе бищун пайда цIикIкIарав, цIикIкIун Аллагьасе вокьулин абураб хIадисалда нахъги йилълъун, кумек гьабизе, гIадамазул хIажат тIубазеян ният гьабуни, гIаммаб хӀалалъ течIого.

Щибаб къоялъул хӀалтӀаби зикруялдалъун берцин гьаре: рацӀцӀа-ракъалъи гьабулеб мехалъ яги квен гьабулелъул, салават битIе, такрар гьабе «СубхӀанАллагь», «АлхӀамдулиллагь» ва «Аллагьу Акбар», силсила цIале ва Къуръаналъул рекIехъе лъалеб цӀале. Гьелда даимлъани, баракат хIасуллъила. Какие чуриялдаги гьабе квен. Гьедин гьабуни, гьеб кванаравщинасул лъикIаб хIал лъугьина.  Къоялъго къасд цӀигьабе, хасго свакараб яги ццим бахъараб мехалъ. Бусурбабазул хаслъи ккола гӀумруялъул бокьараб иш гIибадаталде сверизабизе рес бугеллъун гьел рукIин. Цого-цо хIажалъулеб жо – битIараб ният гьаби.

ХӀакъикъияб къасдгун гӀумру гьабулей чӀужугӀадан лъугьуна гӀицӀго рукъалъул хӀалтӀухъан гурейги, Аллагьасул нухда лагълъунги. Гьелъул богорукъ ккола садакъаялъул бакӀ, кверал ккола ургъел гьабиялъул алат, ракӀ – ихласалъул, разилъиялъул ва Аллагьасе мутIигIлъиялъул аслу. Биччанте щибаб багъа-бачари Аллагь разилъиялде лъолеб галилъун букIине.

«ХӀакълъунго, Аллагь нужер черхалъухъги гьурмахъги валагьуларо, нужер ракӀазухъ ва гӀамалазухъ валагьула». (Муслим)

 

Хадижат Хизриева

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...