Аслияб гьумералде

Бищун бигьаяб

Бищун бигьаяб

Бищун бигьаяб

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндирго цIобалдалъун лагъзадерие кьуна гIакълуги, пикруги ва гьеб хIалтIизабизе лъани, инсан кIиябго рукъалъулъ талихI бугевлъун вукIуна. Гьединго Аллагь ﷻ лъаялдеги щола.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ бижараб махлукъаталъул пикруги жидеца гьабулел, даимго Аллагьги ﷻ рехсолел гIадамазул хIакъалъулъ рещтIана хадусеб аят: «Гьел гIадамал руго, жидеца Аллагь рехсолел рахъун чIун какилъги, гIодор чIун мажлисалдаги, хьибилалда регунги, гьединго, жидеца пикруги гьабулел зобал-ракьазул ва гьезда жаниб бугебщинаб махлукъаталъул. Гьедин пикруги гьабун жидецаги абулел: «Я, нижер БетIергьан! Гьал зобал-ракьал Дуца гIадада рижарал гьечIо, нижеца Мун вацIцIад гьавула Дуе рекъоларел, батIулал киналниги сипатаздаса. Дуца ниж цIуне Дур махлукъататалъул пикру гьабуларезе хIадурараб цIадул гIазабалдаса», - ян. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна Жиндир махлукъаталъул пикру гьабеян, Жиндир заталъул пикру гьабеян абичIо. Щайгурелъул, инсанасул гIакълуялда Аллагьасул ﷻ заталъул пикру гьабун, гьелда нахъгIунтIизе хIал кIоларо. Гьелъие гIоло буго хирияв аварагас ﷺ абун: «Нужеца пикру гьабе Аллагьас бижараб махлукъаталъул, живго Аллагьасул нужеца пикру гьабуге», - абун. Цогидаб хIадисалда буго: «ТIадегIанав Аллагьасул махлукъаталъул цо сагIаталъ пикру гьаби хирияб буго, лъабкъого соналъ гьабураб гIибадаталдаса», - ян.

Жинда Аллагь разилъаяв Абул-ХIасан Шазалияс абун буго: «Цо дагьаб ракIазул гIамал, ай пикру гьаби лъикIаб буго, мугIрулгIанасеб черхалъ гьабулеб гIемераб гIамалалдаса», - ян. Гьединго гьес абуна: «Пикру гьабиялъ ракIалдаса гъафлат инабула, Аллагьасдаса хIинкъиги цIикIкIинабула», - ян.

Аварагас абуна: «ТIадегIанав Аллагьасул махлукъаталъул пикру гьабиялдаса кIудияб, тIадегIанаб гIибадат гьечIо», - ян. РакIалъ ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ махлукъаталъул пикру гьаби, лугбуз гьабулеб гIибадаталдаса хирияб буго кIиго гIиллаялъе гIоло: тIоцебесеб, Аллагьас ﷻ бижараб махлукъаталъул пикру гьабиялдалъун лагъ Аллагьасде ﷻ гIагарлъула, гьединаб хехаб БетIергьанасде гIагарлъи лугбуз гьабулеб гIамалалдалъун букIунаро, гьеб гIамалалъухъ гьесие кигIан кIудияб ажру-кири щваниги.

КIиабилеб, ракIалъулги лугбузулги мисал, вехьасулги рехъадулги гIадаб буго, гьединго, ракIалда абула Аллагьасул ﷻ рукъилан. Аллагьасул ﷻ рукълъунги лугбузул вехьлъунги букIун хадуб, ракIалъул гIамал лугбуздаса кигIанха хирияб букIинеб?

Исрафил МухIумаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...