Аслияб гьумералде

ГIарафа къо

ГIарафа къо

 

ЗулхIижалъул ичIабилеб ккола ГIарафа къо. Гьеб къоялъ гьабураб лъикIлъиялъухъ чанго нухалда цIикIкIун кири щолин абула. ХIакъикъаталдаги гьеб къоялъул тIадегIанлъи гIицIго Аллагьасда ﷻ гурони лъаларо. ЛъикIлъиго гIадин, гьеб къоялъ гьабураб квешаб гIамалги чанго нухалъ кIодо гьабун хъвала. Гьединлъидал бищун цIодорав чи вуго гьеб къо гIибадат-тIагIаталда ва Аллагьасе ﷻ дугIа-алхIам гьабун тIобитIарав.

 

Гьеб къоялъ кIал кквезе суннатаб буго. Муслимица бицараб кьучIаб хIадисалда буго: «Аварагасда ﷺ цIеханила гIарафа къоялъ кIал кквеялъул хIакъалъулъ ва аварагас ﷺ абунила: «Гьеб къоялъ кIал ккурав чиясул араб соналъулги бачIине бугелъулги мунагьал чурула», - ян. Гьединго Байгьакъияс ва ТIабаранияс ГIаишатидасан бицараб хIадисалдаги буго: «ГIаишатица Масрукъида абуна: «Ва, Масрукъ, дуда рагIичIищ аварагас ﷺ гIарафа къоялъ кIал кквей азарго батIияб къоялъ кIал кквеялда бащадаблъун гьабураблъи».

ГIадамазда гьоркьор ругел мунагьал абуни, гьел тIаса лъугьиналдалъун гурони тIаса кколаро. ХIежалда вугев чиясе суннатаб буго гьеб къоялъ, гIарафа магIарда гьабулеб гIибадаталъе хIал-къуват букIинелъун кIал кквечIого тезе.

ГIарафа магIарда бугеб данделъи ккола лъагIалида жаниб цо нухалъ гьабулеб, дунялалдаго бищун кIудияб бусурбабазул данделъи. Гьенир данделъула дунялалдаго бищун гIемерал вализаби, будалаал, акътIабал, автадал, сидикъунал, гIалимзаби ва гьел гурелги. Гьенир рещтIуна Аллагьасул ﷻ киданиги цоги бакIалда рещтIунарел рахIматал, нигIматал, баркатал. Хирияб хIадисалда буго: «ГIарафа къоялъгIан хIакъирго, инжитго, нахъегIанаб хIалалда шайтIан, Бадруялъул къоялъ гурони, кидаго бихьичIила.Гьебги, гьеб къоялъ бусурбабазде рещтIунел рахIматалги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьезул чурулел чIахIи-чIахIиял мунагьалги рихьун». ГIарафа магIарда чIеялъул хиралъи бицун рачIарал хIадисал цIакъго гIемерал руго.

Къасиялдехун ГIарафа къоялъ ТIадегIанав Аллагь ﷻ ГIарафаялъул агьлуялдаса чIухIула ва малаикзабазда абула: «Балагье нуж гьал Дир ﷻ лагъзадерихъ, расги букIкI-букIкIун, хIурулги цIун Дихъе ﷻ рачIарал».  ГIарафа къоялъ жиндир мацIги, гIинги, берги цIунарав чиясул ГIарафа къоялдаса хадусеб ГIарафа къо бачIинегIан гьарурал мунагьал чурула.

 

Салим СултIанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...