Аслияб гьумералде

Килщил манзилалъ...

Килщил манзилалъ...

ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ шукру гьабизе ккараб жо буго рекIелъ иман лъун бусурбабилъун нилъ гьариялъухъ. Бусурбанчиясе цIунизе рихьизарурал гIурхъабиги руго. Иблисги кьижун букIунарелъул, гьел гIурхъаби цIунизе цIакъ захIмалъула. Нилъ руго мунагьал гьарулел, Аллагьасул ﷻ загIипал лагъзал.

 

Щивав чиясда лъала жиндирго иманалъул хIал, гьелъул загIиплъи. Амма кигIан гIемер мунагьал ругониги Аллагьасул ﷻ гурхIел-рахIмуялдаса хьул къотIизе бегьуларо. Гьесул ﷻ сипатаздасанги бугелъул Жив гурхIулев, Жинца мунагьал чурулев абурал. Нилъедаса тIалаб гьабулеб жо - ракI-ракIалъ хIелун, мунагьал чуреян гьарун, тавбу гьаби.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магIна): «Дуца абе, МухIаммад! Я гьал жидеца напсазе зулму гьабурал, гьел мунагьазулъе ккезе гьарурал лагъзал! Нужер хьул къотIуге Аллагьасул ﷻ рахIматалдаса. ХIакълъунго Аллагьас киналго мунагьал чурула тавбу гьабун жив Аллагьасде ﷻ вуссарав чиясул. Аллагь ﷻ вуго Жинца мунагьал чурулев ва Жив муъминзабазда гурхIулев». (Сура «Аз-Зумар», аят 53)

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ мунагьал гьарурал гIадамал, иман лъурал ва лъечIел рукIа, ахIулел руго тавбу гьабиялде. Гьеб хирияб аяталъулъ абулеб буго ракI-ракIалъ тавбу гьабурасул мунагьал Аллагьас чурулин ралъдал полопгIан гIемер ругониги.

Ибну ГIаббасица бицана гьеб аят рещтIиналъе ккараб сабаб. ГIадамалги чIвалел, зинаги гIемер гьабулел мушрикинал рачIана аварагасухъе. Гьез аварагасда абуна: «Дуца бицунеб ва гIадамал диналде ахIи цIакъ лъикI буго. Нижеца гьабуралъе тIаса лъугьинго бугищали бицинарищ?» - ян. Гьелда хадуб рещтIараб буго цебе рехсараб аят.

ГIамр ибн ГIасидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ лагъасул мунагьал чуризе бигьаяб жо буго. Нужеда цере рукIарал гIадамаздасан вукIана цояв жинца 99 чи чIварав. Гьенив вугев кашишасухъеги вачIун гьев чияс абуна: «Дица 99 чи чIвана. ТIаса лъугьинго бугищ дие?» - ян. Кашишас жаваб гьабуна: «Дуца кIудиял мунагьал гьарун руго. Дуе тIаса лъугьин гьечIо», - ян. Цинги гьев кашишги чIван, чIваразул къадар нусиде бахинабула гьес. Цоги кашишасухъеги вачIун, абула: «Дица нусго чи чIвана. ТIаса лъугьин бугищ дие?» - ян. Кашишас абула: «Мун гIорхъолъа ун вуго. Дуе тIаса лъугьин бугищали лъаларо. Гьаниб аскIоб кIиго росу буго. Цоялда цIар Басрат, цогидалда Кафрат буго. Басраталда ругез Алжаналъул агьлуялъул гIамал гьабула. Гьез гурони тIокIав чияс гIумруги гьениб гьабулеб гьечIо. Амма Кафраталъул гIадамаз жужахIалъул агьлуялъул гIамалал гьарула ва гьенирги гьел тун батIиял гIадамал гьечIо. Басраталде мун ани, мунагьал чуриялда щаклъуге», - ян.

Басрат росу балагьизе къватIиве вахъуна гьев чи. Гьеб кIиябго росдал бакьулъ бакIалде щведал, гьев чи хола. РахIматалъул ва гIазабалъул малаикзаби, гьев сабаблъун, къацандизе ккола. Аллагьасда ﷻ гьикъидал, гьадинаб жаваб кьола: «Гьев хвараб бакIалдаса кIиябго росулъе манзил борце. АскIов вугелда рекъон гьесул мунагьал чуриги букIина», - ян. Малаикзабаз манзил борциндал, килщил тIогьалъул манзилалъ Басраталде гIагарда ватула», - ян.

Къиямасеб къоялъ инсан жиндие рокьулел рукIаралгун вахъинавизе вуго. Инсанасул кинаб ажал бугебали ахирисеб хIухьел биччазегIан ТIадегIанав Аллагьасда гурони лъаларо. Гьединлъидал тавбу гьабун, лъикIал чагIазда аскIор рукIун, хвел бачIиналда кидаго хIадур рукIине рекъараб буго.

 

Жабир Мажидов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...