Аслияб гьумералде

Ният бацIцIадаб бугони…

Ният бацIцIадаб бугони…

Ният бацIцIадаб бугони…

Росулъ «Ас-салам» газеталъул вакиллъун хIалтIулеб мехалда щивасул рокъове унаан газета хъвазе бугищин цIехезе. Бицунаан гьелъул пайдабазул хIакъалъулъ.

Гьединабго куцалда вагIза гьабулаан вацапаздасанги социалиял гьиназдасанги. Цо диналъул вацас хъван бачIана жиндие бокьун бугин ункъо газеталъе подписка гьабизейилан. Гьабуна гьесие ункъо подписка, ай Дагъистан тун къватIибе.

Гьелдаса нахъе гIемераб заманго иналде, районалда лъазабуна «Ас-салам» хъварал чагIазда гьоркьоб къец. Дица ахIана дов чиясухъе дуца гьабураб ункъо газеталъе подписка бугин, къецалда гIахьаллъизе рукIине лъил цIарал хъвалелилан абун. Гьес абуна дирги, инсулги, вацасулги хъвайилан. Жеги эбелги йиго досул. Дица эбелалъулгиян абидал, бегьулеб батани хъвайилан гьесги гьарана.

ЧIужугIадан бегьиларин ккун букIун буго гьесда. Къецалъул хIасилал гьарулеб къоялъ ункъо подписка гьабурав гьев чиясул эбелалъе бергьана гIумраялде ине путевка. Гьединаб гIажаибаб лъугьа-бахъин ккун букIана газеталъул баракаталдалъун.

Лъиданиги бицунгеян гьарунги букIана гьев чияс, Аллагьасе гIоло гьабураб букIанин жинца подписка. Гьединлъидал дицаги цIар рехсечIого толеб буго. Жиндие гIоло гьабураб иш Аллагьас гIадада толаро. Ният бацIцIад гьабизе нилъее тавпикъ кьеги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...