Аслияб гьумералде

«АхIулгохI - лъаялъул борхалъи»

«АхIулгохI - лъаялъул борхалъи»

«АхIулгохI - лъаялъул борхалъи»

ХIурматиял магIарулал, АхIулгохIалъул къиса лъаларев чи нилъеда гьоркьов гIемер ватиларо. Гьел рукIана Шамил имамасул бищунго захIматал къоязул цояздасан. Кинаб хIалха букIинареб сверухъ чIун тушбабиги, тIаде балеб гIарадаги, къойидаса къойиде загIиплъулеб къуватги, камулел гъазизабиги, лъугIулеб квенги, нилъерго дагъистанияздаса щолареб кумекги бугеб мехалда.

 

Гьеб гъазаваталъул заманалда ккана гIемерал хIикмалъабиги. Руччаби-лъималаз бихьизабуна кIудияб бахIарчилъи. Хасго гьелъул захIмалъи щвана ГIашилтIа ва ЧIиркъатIа росабазде.

Гьеб лъугьа-бахъин ккаралдаса ана 180-ялдасаги цIикIкIун сон. Аллагьасе рецц, дагъистаниязда гьеб кIочон гьечIо. Советияб улка биххаралдаса нахъе бусурбабаз щибаб санайил, риидалил заманалда, ракIалде щвезабула АхIулгохIда ккараб рагъул кьогIаб къисмат. Гьелда хурхун гIуцIула исламиял мажлисал. Гьале исана кIиабилеб сон буго Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул бетIерлъиялда гъоркь, гьениб мажлис гIуцIулеб бугелдаса.

Гьал къояздаги тIобитIана «АхIулгохI - лъаялъул борхалъи» абураб цIаралда гъоркь гIелмияб мажлис. Гьеб гIуцIун букIана инсанас жиндирго лъай камил гьабиялде киналго бусурбаби ахIиялъул мурадалда.

Тарихчи Мурадуллагь Дадаевас мухIканал баяналги рехсон бицана Шамил имамас ва гьесул гъазизабаз, гьединаб захIматаб хIалалда рукIагоги, АхIулгохIда ругеб мехалдаги гIелму цIали, гьеб лъазаби тун букIинчIолъиялъул хIакъалъулъ. Бицана Шамил имамас гIелму цIалиялде кьолеб букIараб кIваралъулги, хIатта гъазаваталде рачинчIого гIелму цIализе мутагIилзаби толел рукIиналъулги.

Имамасгун муридзабаз, гъазизабаз гьеб захIматаб хIалалда рукIаго цIалараб гIелму, гьадигIан кIудияб рахIаталда ругел нилъеца цIализе тIадаб букIин цIакъго баянаб жо гьечIищха.

Дагъистаналъул гуманитарияб институт ккола инсанасул гIумруялъе чара гьечIеб лъайгун диналъул аслаби цадахъ малъулеб идара. Гьениб щола экономистасул, лингвистасул, журналистасул, теологасул махщелалги. Институт лъугIаразул ихтияр буго Россиялда ва гьеб бахун къватIибги дандекколеб хIалтIуде лъугьине.

Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналдасаго бусурбабаз. АхIулгохIалъул кIиябго рахъалдасан чанго километралъул манзилалда лъун рукIана гьенир гIахьаллъи гьабулезул машинаби. ГIелмияб мажлисалъе цебехъанлъи гьабуна Курахалдаса Шамилица. Гьев ккола  Сулейман-Стальский районалъул имамзабазул советалъул бетIер.

МагIна гъваридал вагIзабигун церерахъана муфтияталъул хIалтIухъаби, гIалимзаби ва цогидалги. Цере рахъараз ракIалде щвезабулеб букIана АхIулгохIалъул захIматал къоял, рехсолел рукIана гьенир ккарал цо-цо гIажаибал лъугьа-бахъинал.

Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна магIарул мацIалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редактор ГIабдуллагь МухIаммадовасги.

Мажлис гьабиялъе кIудияб квербакъи гьабуна Унсоколо районалъул администрациялъ, ГIашилтIа росдал жамагIаталъ ва Унсоколо районалъул жамагIаталъ.

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул рахъалдасан халкъалде салам щвезабизе ва лъикIаб вагIзагун цеве вахъана муфтиясул наиб ГIабдуллагь Салимов. Жиндирго кIалъаялда гьес тIадчIей гьабуна бусурбаби цолъизе ва гъункизе ккеялда сверухъ.

Гьединго мажлисалда можоро бахъана гIумра гьабизе ине рес кьолеб лъабго путевка щвеялъеги. Гьезул цояб бергьана Гъизилюрт районалъул Акнада росулъа васасе, кIиабилеб - ЛъаратIа районалъул вакиласе ва лъабабилеб щвана Унсоколо районалъул Рихьуниб росулъа чиясе. 

Мажлисалъул ахиралда шагьидзабазул рухIалдаса зикруги бачана, дугIаги гьабуна.  Аллагьас къабул гьабуеги киназулго лъикIал гIамалал.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

 

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...