Аслияб гьумералде

«ДугIабазул сордо» ва байрахъгун кубок

«ДугIабазул сордо» ва байрахъгун кубок

«ДугIабазул сордо» ва байрахъгун кубок

Ноябрь моцIалъул ахирисел къоязда ЛъаратIа районалъул жамагIаталъ МахIачхъалаялда бугеб Зайнуллагь Шарифиясул цIар лъураб мажгиталъуб тIобитIана «ДугIабазул сордо» абураб мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна хъулухъчагIаз, гIалимзабаз, спортсменаз, жамгIиятчагIаз, улкаялдаго «Ас-салам» казият тIибитIизабулеб отделалъул жавабияв ГIали МухIумаевас, гьесул заместитель Мурад МухIаммадовас ва цогидазги.

 

 

 

 

 

 

Мажлисалъе байбихьи гьабуна Къуръаналдаса аятал цIалиялдалъун.

Данделъи нухда бачана МахIачхъала шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель ГIабдуллагь Ахаловас ва гьарана гьаб мажлис гьабегийин Аллагьгун Авараг ﷺ разияблъун.

КIалъазе вахъарав муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугел вакил МахIмуд-афанди Думалаевас бицана тасаввуф-гIелмуялъул.

- Бакълъухъа КIудиясда цIехон буго тасаввуф абураб жо Аварагасул ﷺ заманалда букIанищилан. Гьес абун буго нужеца гьелда бокьараб цIар абейин, амма гьеб бугин Аварагасул ﷺ заманалда букIараб. ГIумар-асхIабасдаса бицараб машгьураб хIадисалда буго, Аварагасухъе ﷺ вачIанила пуланав чи ва цIеханила иманалъулгун исламалъул. Цинги лъабабизеги цIехон гьикъанила ихIсан щибилан абун. Гьелъие жаваб гьабун Аварагас ﷺ абун буго, ихIсан бугин дуца дур БетIергьанасе ﷻ, дуда Гьев вихьулев вугев кинниги, гIибадат ракIбацIцIадго гьаби, дуда Гьев вихьичIониги Гьесда мун вихьулелъул.

Гьеб буго ихIсан, гьелде нилъ рачунеб жоги тасаввуф-тIарикъат ккола, - ян бицана М. Думалаевас.

 

 

 

 

 

 

ГIалимчи Шамил ГIумаровас гIолохъанаб гIелалдехун хитIаб гьабун абуна гьаб заман бугин гIемераб диниябги динияб гуребги, ай батIи-батIияб информация социалиял гьиназдасан тIибитIизабулеб. Гьединлъидал гьари бугин лъалареб яги ишкал ккараб суал бугони, нуж лъалезда аскIоре ун, мухIканлъи тIалаб гьабейин абураб.

Мажлисалда кIалъазе вахъана гIалимчи Идрис Асадулаев, ЧIикIаб росдал имам МухIаммад ГьитIинов, «Универсал файтер» клубалъул президент НурмухIаммад Анукский, ДРялъул Халкъияб собраниялъул депутат СултIан Ибрагьимовгун цо-цо районалдаса хIаракатчагIиги.

ЦIалана мавлидал, гIахьалъаразда гьоркьоб можоро рехана 15 «Айфон» телефоналъе.

 

 

 

 

 

 

ГIали МухIумаевас ЛъаратIа районалъул вакилзабазухъе кьуна тIасияб соналде «Ас-салам» казияталъе гьабулеб подпискаялъулъ 1500 подписка гьабиялъул номинациялда тIоцебесеб бакI ккуразухъе кьолеб байрахъгун кубок. Гьеб кьолелъулги лъаратIисез газета хъваялъулъ ва тIибитIизабиялъулъ гьабулеб хIаракаталъул бицун баркала загьир гьабуна гьезул жамагIатазе.

Мажлисалъе ахир гьабуна гIаммаб дугIа гьабиялдалъун.

 

ХIадур гьабуна МухIаммадгIариф Къурбановас

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...