Аслияб гьумералде

Эбел-инсуда бараб буго

Эбел-инсуда бараб буго

Эбел-инсуда бараб буго

Имам Гъазалияс хъвалеб буго, щивасда лъазе кколин лъимер эбел-инсухъе цIунизе кьураб букIин. Лъимералъул (квешал тIабигIатаздаса) бацIадаб ракIги кколин багьа тIадегIанаб жавгьар. Кинаб накъищ нилъеца гьениб бахъаниги, лъимералъ гьеб босулин абун.

ГьитIинаб къоялдасаго лъимер ругьун гьабила, нилъецагоги мисал бихьизабун, лъикIаб гIамалалде. Гьеб мехалда, ай гIураб къоялъ гьеб лъугьуна заман, бакI бихьун гьединал гIамалал гьариялде кантIулеблъун. Ахираталдаги гьеб букIуна талихI батараздаса, эбелэменги рукIуна тарбия лъималазе кьечIолъиялъул мунагьалде кколарездасан. Хал гьабураб мехалъ, эбелинсуца жидер лъималазул, аслияб куцалда, кIвар гьабула дунялалъул рокъоб лъугьунелъул, хIаракат бахъула захIмалъигун къварилъи гьезда бихьизе тунгутIиялда. КIочон тола ахираталъул иш.

Амма, гьитIинаб къоялдасаго, диналъулги бицун куцачIого, биччан тараб рукъалъул хIайваналда релълъун лъимер тани, гьеб лъугьуна талихIкъараблъун. Ахираталдаги гьез абула жидеда малъичIин эбел-инсуцайилан абун. Квешаб гIамал-хасияталдаса лъимал цIунизе кIола гьезда адаб малъун, берцинаб тIабигIаталде куцан, хIалихьатал чагIазде гьоркьоре ккеялдаса цIунун, рукIарахъиналъулъ гIорхъолъа араб эркенлъи ва рахIат чIезабичIого, лъикIаб тарбия гьабиялдалъун.

ХIикматаб къиса

Абу ал-Фараж ибну-Жавзияс «Сафвату ас-сафват» абураб тIехьалда хъван буго: «ВукIун вуго цIакъ бечедав хан. Гьесул йикIун йиго цо йигей ясги. Ханасе гьей кутакалда йокьулейги йикIун йиго, гьединлъидал ханас гьелъие щиб бокьани бокьараб гьабизе йиччан тун гурони, щибго гьукъулеб букIун гьечIо. Ханасул мадугьалихъ гIумру гьабурав чи вукIун вуго динияв, гьабулеб гIамал-тIабигIат берцинав. Цо сордоялъ Къуръан цIалулаго гьес гьаракь борхизабун буго ва (магIна):

«Я гьал иман лъурал гIадамал! Нужеца нужерго напсги агьлу-хъизанги жужахIалъул цIаялдаса цIуне. Жиб бакулеб алатлъунги ганчIал ва гIадамазул чурхдул ругеб. Гьеб жужахI хьихьун руго цIакъ гучал, жидер ццим бахъунел малаикзаби, жалги Аллагьасул амруялъе гIасилъуларел, жидецаги амру гьабураб жо цIакъ хехго ва мухIканго тIубазабулел», - ан абураб аяталде щведал, жеги цIикIкIинабун гьаракьгун цIалун буго (Сурату «Ат-ТахIрим», 6 аят).

Гьесул цIали рагIарай ханасул ясалъ хъулухъалъе тарал руччабазда амру гьабун буго гьев чIезавеян, амма къаси сардилъ къватIире рахъун руччабаз щиб гьабилеб, гьез ясалъе ракI-макI гьабулеб хабар бицун гурони. Мадугьаласул Къуръан цIалиялъул сас кинго къотIичIеб мехалъ, ясалъ нахъеги буюрухъ кьун буго гьев чIезавеян. Амма хIасил ккараб жо гьез гьабун гьечIо. Хадуб, гьабизе жо тIагIарай ясалъ байбихьун буго тIад ретIараб ретIел бихъ-бихъун базе. Щиб гьабилебали лъаларого хутIарал руччаби, ясалъул хIал бицун, ханасухъе рекерун руго.

ТIаде щварав хан ясалда къочула ва щиб ккараб дир ясилан цIехолдизе лъугьуна. Ясалъ абула: «Эмен, дица БетIергьанасдалъун ﷻ гьарула дуе талихIкъей, бице дида, унгоги гIадамал жанире рехизе хIадур гьабураб бакIищ бугеб Аллагьасул ﷻ ? Жаниб цIа бакун, жиб боркьулеллъун гIадамалги ганчIалги ругел?» - ан.

Инсуца абула: «У, дир яс. Гьединаб бакI буго БетIергьанасул ﷻ, жужахIалъул донкIо абун жинда цIарги бугеб», - ан. КIалгьикъи гьабураб хIисабалда, ясалъ абула инсуда: «Сунцаха дуе квалквал гьабулеб букIараб гьелъул дие бицине?! АллагьасхIаги, жакъасеб сордоялдаса нахъе дица я тIагIамаб квен кванан лазат босун чехь цIезабизе ва тамахаб бусада егун, гьелдаса рахIат босизе гьечIо, дир руссен алжаналдейищ яги жужахIалдейищ букIине бугебали лъан гурони», - ян.

ЖужахIалдаса цIуни букIуна Аллагьасул ﷻ гIазабалдаса хIинкъун тIагIат-гIибадат гьабиялдалъун ва гьелде агьлу-хъизанги куцан. Аллагьас ﷻ нилъ гьареги гIамалтIабигIат исламияб диналда рекъараллъун.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...