Аслияб гьумералде

Воре, адаб цIуне

Воре, адаб цIуне

Эбел-инсде ва чIахIиязде берцинаб бербалагьи гьаби ккола адаб буголъи ва гьел кIодо гьари.

 

Жакъайин абуни гьеб рахъ расги лъикIаб хIалалда гьечIин абизе бегьула. Цебе годекIанир чIахIиял чагIи ругеб мехалда, цересан гIисинал лъимал хьвадулароан. Жакъасел гIолилазда гьедин абуни, жал хIакъир гьарулел ругел гIадин бичIчIулеб буго.

Нилъер заманалда батIиял чагIаздехун киса гурин, эбел-инсудехунцин лъималазул бугеб бербалагьи хисун буго. Гьелде кIвар гьаби, лъикIаб рахъалде сверизаби чара гьечIеблъун лъугьун буго.

Ясли-ахалде лъимал хьвадизе байбихьаралдасаго бичIчIизабизе ккола гьезда адаб гьабизе кколеблъи. Адаб-хъатир малъиялде кIваркьунгутIиялъ буго жакъа нилъеда рагIулебги васас инсуде, ясалъ эбелалде квер борхарал хIужаби.

Эбел-инсухъ гIенеккунгутIи, абуралъул гIаксалда гьаби, гьезул ракI бекизаби, адаб цIунунгутIи, гьезие гIакъуба гьаби ккола нилъер диналда чIахIиял мунагьазул цояблъун.

ИчIго моцIалъ чохьонирги раччун, гьарураб мехалъ макьу-хIалхьи тIалаб гьабичIого гIумру тIамурай эбел къварид гьаюн йигин рагIидал унтула керен, бекула гьинал ракI.

Цо гIаданалъул вукIуна кIиго вас. Херлъун, жинцаго тIуязе кIолареб хIалалде ккедал, васаз абула дуде регIараб хIал жидерги гьечIин, мун харабазул рокъое щвезаюн лъикIилан абун. Гьенире щведал, кIудияв вацас гьитIинасда абула хъвай-хъвагIай гьабиялъул иш дуцаго тIубазабейин, жиндир гьанив вукIине заман гьечIин, хIалтIуде ине кколин. Гьединаб гIамал лъималазул бихьидал щиб хIалдай эбелалда букIараб?

Цоги. ГIарабазул улкаялда пуланав чиясул вукIаравила кIиго вас. Эмен херлъидал, кIудияв васас гьитIинасда абула гьанжеялдаса хадуб инсул тIалаб жинца гьабизе бугин абун. КIудиясул адаб гьабун гьитIинав гьелда разилъула, амма бадиб магIу ххулун, хIал хисун лъугьуна. Дуе щибин цIехедал, гьитIинас абула жив гьитIинав вугелъул батилинха дуца жинда гьикъичIого гьединаб хIукму гьабурабин абун.

- ВахI, гьединищха иш бугеб, дун гьелде кантIизего кантIичIо. Бугони нилъеца пуланаб заманалъ эмен дихъ тун, хадуб гьедигIанго заманалъ духъе вачун гьабила, - ян абула.

Гьелда гьитIинав вацги разилъула.

Гьанже пикру гьабеха гьаб кIиябго лъугьа-бахъиналъул.

ГIумрудул нухда эбел-инсуе нилъеца кигIан кIудияб хъулухъ гьабун батаниги, гьеб нилъеда ракIалдецин ккезе ккеларо. Щайин абуни, нилъеца гьабулеб жо цIакъго дагьаб буго. Гьелъие хIужалъунги гIела, цо нухалъ аварагасухъеги ﷺ вачIун гIолохъанчияс абула, жинца мугъалда эбелги ячун хIеж борханин, гьелъие хъулухъги гьабунин абун. Гьеб мехалда Бичасул Расулас ﷺ гьесда абула: «Дуца гьабунщинаб бащалъуларо мун гьавулеб заманалъ гьелъул бахъараб цо угьиялда данде», - ян.

Эбел йиго духъ балагьидал «дир каранзул хIухьел, беразул канлъи» абун киданиги гIорцIичIей, мун вохидал жий кIудияй гIурай, пашманлъидал гьитIинлъарай, жиндир гIумруялъул сахлъи дуе кьурай гIадан. Воре, адаб гьабе, эбел-эмен цереса индал кватIула, гьеб мехалъ гурони къиматги лъаларо.

 

МухIаммадхIажи АхIмадов, Унсоколо росу.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...