Аслияб гьумералде

Лъимал лъикIал лъугьине бокьани…

Лъимал лъикIал лъугьине бокьани…

Лъимал лъикIал лъугьине бокьани…

ТIадегIанав Аллагьас киналниги лъимал рижана исламалъул бацIцIалъиялда ва эбел-инсухъе аманат гьабун кьуна гьезие берцинаб тарбия кьезе, адаб малъизе. Щивав бусурманчиясда тIалъула Аллагьас бихьизабураб исламалъул нухда лъимал тIоритIизе ва киналниги къосеналъул нухаздаса гьел цIунизе. Гьез исламалда рекъараб тарбия лъималазе кьуни, дунялалдаги ахираталдаги эбел-эмен талихI бугеллъун рукIина. Аварагас хIадисалда абулеб бугеб гIадин: «Инсуца гьитIинго лъималазда адаб малъани, кIудиял гIедал гьез гьев вохизавула», - абун.

Абу Давудица бицараб хIадисалда буго: «Эбел-инсуца лъималазда малъичIо, гьезие берцинаб тарбия кьеялдаса тIадегIанаб пиша», - ян. Жинда Аллагь разилъаяв ГIали-асхIабас абуна: «Дуца хъизамалда адаб малъе, гьез дуе пайда гьабила», - ян. Гьединаб исламалъул бичIчIи лъималазе кьечIони, Аллагьасда цере чIараб къоялъ эбел-эмен цIакъ пашманлъила. Эбел-инсуе букIуна мунагь лъималазе исламалъул бичIчIи кьечIолъиялдалъун ва лъималаз Аллагьасда цере чIараб къоялъ абула: «Я Аллагь! Нижер мунагьги гьезие хъвай, дунялалда ругеб мехалъ ниж лъалареллъун рукIана ва гьез нижее исламалъул бичIчIи кьечIо», - абун.

Кинаб тарбия кьезе кколеб?

– Аллагьасукьа хIинкъулел лъимал лъугьине бокьани, нилъеца гьелъул ургъел гьабизе ккола чIужу ячине ракIалде ккаралдаса байбихьун. Лъимадул йикIинесей эбел ялагьизе ккола бацIцIадаб, исламалдехун рокьи бугеб тухумалдаса. Гьединго эбел-инсуца ясги кьезе ккола тIабигIат берцинав, исламалдехун рокьи бугев, каккIал толарев ритIухъав бусурманчиясе. Гьединаб ургъел ясалъул гьабичIони, дунялалдаги ахираталдаги гьей талихIкъарайлъун йикIиналда кIудияб хIинкъи буго.

– Бажарун магьари лъезе лъикIаб буго хириял моцIаз ва заманалъ. Магьари лъолеб бакIалдаги рукIине ккола гIадилал, жиделъ фискъу гьечIел нугIзал.

– Бертин гьабизе ккола исламалъул нух цIунун, хIарамаб жо гъорлъ гьечIого. ТIоцебе данделъиго баракат гьечIеб бугони, хадуб кинаб баракат букIинеб? Гьелде кIвар кьезе ккола бахIаразул эбел-инсуца, щайгурелъул, ахирги гьелъул мунагь гьезде буссуна.

– Лъимер цIунила хIарамаб тIагIам кванаялдаса. ТIагIам буго нилъеца гьабулеб гIамалалъул хьон, хьон хвараб бугони ракьулъа жо баккуларо, цо-цо мехалъ гьеб жибго ракь хвеялъе сабаблъунцин ккола.

– Лъимералъ тIоцересел рагIаби абизе байбихьарабго гьелда малъила «ля илягьа илляллагь» абураб калима. Лъимер лъикIаб-квешаб батIа гьабулеб заманалде щвараб мехалъ, гьелда Къуръан цIализе, как базе ва цогидал хIажатал шаргIалъул хIукмаби малъила.

– Лъималазда берцин бихьизабила хъачIаб тIагIамалда разилъи, чIахIиял кIалъалел мехалъ руцIцIун чIей, гьел цIунила квешал гьалмагъзабаздаса, нахъчIвала пайда гьечIеб хабар бициналдаса.

– ТIоцебесеб нухалъ лъималаздаса лъугьараб гъалатI бихьичIеб ххвел гьабун тела. Кидаго рагъиялде, гIайибчIваялде лъимал ругьун гьариларо. Щайгурелъул, гьезие гьеб гIадатияб жолъун лъугьуна, рагъун гурони гьезул рекIелъе хабарги бортуларо.

– Лъималазе кидаго лъикIаб дугIа гьабила. Эбел-инсул дугIа Аллагьас нахъчIваларин буго. ГIабдуллагь ибну Мубаракихъе вачIун пуланав чи зигардун вуго: «Дир квешал лъимал руго», - ян. Мубаракица гьесда гьикъун буго: «Дуца гьезие квешаб дугIа гьабунищ?» - абун. Гьабунин гьес жаваб гьабидал, Мубаракица гьесда абун буго: «Дуца гьаруна гьел квешаллъун», - ан.

– Цонигиязул лъималазе зарал гьабиларо, гьеб зарал нилъерго лъималазде буссунин буго. ТIахьазда бицунеб буго: «Юсуф аварагасе вацаз зарал гьаби сабаблъун, Аллагьас гьезул лъимал фиргIавнил кодор асирзабилъун гьаруна», - абун.

ИСРАФИЛ-ХIАЖИ МУХIУМАЕВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...