Аслияб гьумералде

Тарбия кьеялъулъе гIолилал цIазе ккола

Тарбия кьеялъулъе гIолилал цIазе ккола

Нилъеда лъала, дунялалда чан чи ватаниги, гьезул цоцада релълъараб гIамал-хасият букIунареблъи. Цо-цо релълъарал рахъал рукIинеги бегьула, амма тIуранго релълъарал рукIунаро, хIатта цадахъ гьарурал вацал ялъуни яцал рукIаниги. Гьединлъидал инсан куцай ва гьесие тарбия кьей букIараб буго ва букIинеги буго инсаният цебетIеялъе чара гьечIеб ишлъун.

Нилъеда лъала аварагзабаз гIадамал ахIана лъикIлъиялде, куцалел рукIана гIамал берцин гьабиялда. Амма МухIаммад аварагас босун бачIараб гIамал букIана цIакъго тIадегIанаблъун, тарбия кьеялъул тIогьлъун.

Гьес, жиндирго мисалалдалъун, бихьизабуна радал вахъаралдаса къаси кьижизегIан инсан кин вукIине кколевали. МухIаммад аварагасул тIолабго гIумру ана берцинлъиялъул, хIеренлъиялъул, лъикIлъиялъул битIараб нух бихьизабулаго ва гIалам гьелде ахIулаго.

МухIаммад аварагас абуна: «Къиямасеб къоялъ гIамал цIалеб цIадироялда тIад гIамал берцинлъиялдаса бакIаб жо букIине гьечIо», - абун.

Гьединал рагIабаз рекIее асар гьабичIони нилъер иш кин битIун ккелеб? ГIамал берцин гьабиялъул иш жакъа кидагоялдасаги нилъеда цебе чIараблъун буго. Жакъа гIадамазул хьвада-чIвадиялъулъ бихьулеб буго хъачIлъи, рахIму гьечIолъи, адабхъатир гьабунгутIи, ццим бахъин, хехдари ва сабру гьечIолъи.

Цебе заманалда гIолеб гIелалъе мисаллъун чIахIияб гIел букIараб батани, жакъа чIахIияз бихьизабулеб мисал дагьлъун буго, рекъечIеб хьвада-чIвади бихьизабулелги камулел гьечIо. ГIажаиблъи, нилъеца гIайиб заманалде рехулеб буго, амма дида ракIалде ккола, заман кин хисаниги бусурбанчиясул гIамал берцинаб букIине кколин абун.

Тарбия кьей, гIадан куцай байбихьула гьавураб къоялдаса. Нилъеца кинабго рехун тун буго ясли-ахаздеги школалдеги. Нилъецаго, ай эбелинсуца, яцаз-вацаз, чIахIияз щиб гьабулеб бугеб гIун бачIунеб гIел куцаялда хурхун?

Чан эбел-эмен унев ясли-ахазде, школазде, тIадегIанал цIалул идарабазде жидерго лъималазул ахIвал-хIал лъазабизе. Жакъа тарбия кьеялъул иш кинха бугеб? ЦохIо цо рузманкъояз гьарулел дагьа-макъал вагIзабаз кин нилъер гIамал-хасиятал лъикIлъилел?

Дир пикруялда, кидагоялдасаги жакъа хIажат буго цIалиялдасаги тарбия кьун гIадан куцаялда тIад хIалтIизе. ЧIахIияб гIелалъе лъикIаблъун бихьула телевидениялдасан, газетаздасан гIун бачIунеб гIелалда цере рахъине.

ЧIахIиязда, гIолилазда, руччабазда гьоркьоб батIа-батIаго данделъаби ахIизе ккела цереккунго хIадурарал суалалгун. Школазде, ясли-ахазде хьвадун гьезие вагIза-насихIат гьабизе, гьезухъ гIенеккизе тIадаб буго. Дир хIисабалда, дагьалги цIикIкIун гIолилал цIазе ккела тарбия кьеялъул данделъабазде.

Цадахъ хIалтIизе ккола пачалихъалъулги, диниялги, цогидалги гIуцIаби тарбия кьеялъул мурадалда. РачIа, гIолеб гIелалъе тарбия кьей кодобе босизе. Аллагьас къуват кьеги нилъее лъикIаб гьабизеги квешаб тезеги!

СУЛЕЙМАН МУХIАММАДОВ, УНСОКОЛО РОСУ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...