Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ щуго васият

Аварагасул ﷺ щуго васият

Аварагасул ﷺ щуго васият

Аллагьасул Расуласул васиятаздасан ругин абун МагIаз ибну Жабалидаса рачIарал руго:

 

– Парзлъун гьабураб как, щиб кканиги бокьун тоге. Щайин абуни, бокьун, лъан как тарав чи Аллагьасул цIуниялдаса вахъун ккола.

Паризаяб как буго чиясул гIамал жинда бараб, гьеб тейги кIудиял мунагьаздасан ккола. Аварагас ﷺ абун буго, цо как теялъухъ тамихI гьаби 70 сон жужахIалъуб гIазаб гьаби бугин абун.

– Киданиги гIакълу хисизабулеб мехтизарулеб жо гьекъоге, гьеб буго къваригIел гьечIебщиналъул бетIер.

Мехтизарулеб жоялъул гIемер бицинего ккеларо, гьеб бугин кинабниги нахъегIанабщиналъул бетIерин абураб жо гIела гIакълу бугеб чиясе.

– Щиб хIалалъулъ вугониги дурго эбел-инсухъ гIенеккичIого вукIунге, гьез хIалалай лъади яги магIишат-яшав рехун теян дуде амру гьабулеб батаниги.

Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца Аллагьасе гIибадат гьабе, Гьесдехун щибго жо гIахьалги гьабуге, эбел-инсуе лъикIлъиги гьабе», - ян (сурату «Ан-Нисаъ», аят 36). Эбел-инсул адаб тей, гьезухъ гIенеккунгутIи шаригIаталда кIудиял мунагьаздасан буго, хIатта Аллагьасе ﷻ гIибадаталъулъ цогияв гIахьал гьавиялда хадубгоги рехсола. Лъимал кидаго гIенеккизе ккола эбел-инсухъ, щиб гьез малъаниги (Аллагьас ﷻ гьукъараб жо хутIун, гьелъулъги берцинаб къагIидалда бичIчIизабизе ккола) нахъбахъичIого тIубазабизе жигарги гьабила. Гьезул ццим бахъин Аллагьасул ﷻ ццим бахъин бугин абун буго аварагас ﷺ хирияб хIадисалда.

– Аллагьас гьукъараб гьабун Гьесде гIасилъиялдасаги цIуни гьабе, гьелъ тIаде цIала БетIергьанасул ццим бахъин.

Цере арал чIахIиял чагIазул аби буго: «Чияс гьабураб цо квешаб гIамалалъул тамихI буго гьелда хадуб цогиги мунагь гьабиялде гьелъ гьев вачин. Гьелдаго релълъун буго лъикIаб гIамалги, цо лъикIаб гIамал гьабидал гьелъги вачуна гьев жеги гьабиялде». Гьединлъидал, гьабун ккараб мунагьалдаса чияс нахъбахъун течIого тавбу гьабизе ккола. БетIергьанасул ﷻ ццим бахъин щварав чи цоги жоялъ хвасарги гьавуларо, Гьесул ﷻ тамихI гьабиялдаса ворчIизе бакIги букIунаро.

– Рагъ байбихьараб заманалда, гьенир гIадамал холел ратаниги, рагъул майданалдаса лъутуге.

 

МухIаммадшапи ГIисаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....