Аслияб гьумералде

Балагьал тIаде цIалел

Балагьал тIаде цIалел

Свалат-салам лъеяв Аварагасдасан ибну ГIабасица бицана: «Нижедехунги вуссун, свалат-салам лъеяв Аварагас абуна: “Ва гьал данделъарал мугьажирал! Щуго пиша, гIамал буго нуж, ай уммат жидедалъун балагьалде ккедал, дицаги БетIергьан Аллагьасде гьарулел, нуж гьезулъе ккогегиян.

 

Гьелги ккола: тIоцебесеб – къавмалъулъ зина киданиги загьирлъичIо, тIибитIичIо, гьеб къавмалъулъ тIагIун ва цоги батIи-батIиял, цере аразулъ жал рукIинчIел унтаби раккун гурони. Халкъалъулъ цере рукIинчIел, дару гьечIел унтаби раккиялъе гIилла сабаблъула халкъалда гьоркьоб зина тIибитIи, гьеб загьрилъи. Гьеб жакъа нилъеда бихьулебги буго. Къойидаса къойиде цIикIкIун гурони, тавбуялде руссине, кантIизе къасд бихьулеб гьечIо. Лъида щиб малъилеб? Лъица гIадлу гьабилеб?

Гьединго цониги къавмалъ даран-базаралда, бича-хисиялда аскIоб ками гьабичIо жидеде ракъдаллъи щун, бетIербахъи, магIишат гьаби захIмалъун, султIанас, ай ханас жидеда зулму гьабун гурони. Даран-базаралъулъ хиянат-рекIкI гьабулел! Нужор хиянат сабаблъун бихьулищ халкъалде тIаде бачIунеб бугеб къварилъи. Нуж гIодулеб къо бачIине буго, тавбу гьабун руссани – нужерго талихI.

Пуланаб къавмалъ боцIи-малалдаса закат нахъчIвачIо, БетIергьан Аллагьас жидее зодоса цIад къотIун гурони, ай цIад къотIиялъе сабаблъун ккола закат бахъунгутIи. БоцIи-панз букIун, ай гьезда гурхIун гуребани, цIад базеги букIинчIо.

Цониги къавмалъ БетIергьан Аллагьасе ва Аллагьасул Расуласе гьабураб къотIиги биххичIо, гьелдалъун БетIергьан Аллагьас жидеда тIаде жал гурездасан тушман тIамун ва гьезухъа цо къадар боцIи бахъун гурони.

Гьединго аиматаз Къуръаналда рекъон хIукму гьаби течIо, жидеего бокьараб тIасаги бищичIо, гьелдалъун БетIергьан Аллагьас гьел цоцалъ рагъизе, цоцаца чIвазе тIамун гурони», - ян.

Хал гьабеха, свалат-салам лъеяв Аварагас рицун тарал хIадисал лъугьун, беразда рихьулеб ругеб куцалъухъ! Абизе жо гьечIо, хIукму Аллагьасул ﷻ буго. ГIаламалъул гIамалал рижаравги Живго БетIергьан Аллагь вуго. Амма нилъецаян абуни БетIергьан Аллагьас нилъеего кьураб ихтияралдаса пайда босулеб гьечIо.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...