Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ шафагIат

Аварагасул ﷺ шафагIат

Аварагасул ﷺ шафагIат

МухIаммад авараг ккола бищун гIемер шафагIат жинца гьабулев, жиндир шафагIатги Аллагьас къабул гьабулев инсан. Бищун кIудияб шафагIатги ккола гьесда хасаб.

 

Къиямасеб къоялъ махIшаралда кIанцIизе бакI тIагIун, гIадамал Адам, НухI, Ибрагьим, Муса, ГIиса аварагзабазухъе рортула жидее шафагIат гьабейин, жидедаса къварилъи борхейин, жидер хIисаб-суал гьабизе изну кьеян Аллагьасда гьез гьаризе букIине. Гьел шафагIат гьабизе хIинкъула. Киназго МухIаммад аварагасухъе ﷺ ритIула. Гьев ГIаршалде гъоркьеги ун, суждаялдаги чIун, лъицаго, кидаго гьабичIеб гIадаб Аллагьасе ﷻ реццги гьабун, Аллагьасда ﷻ гьарула махIшаралъул халкъалъе хIисаб-суал гьабизе изну кьеян. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесул шафагIат къабул гьабула. Гьеб мехалъ цересезги нахъисезги, жиназги инсазги, малаикзабазги МухIаммад аварагасе ﷺ рецц гьабула. Гьеб ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие Къуръаналда къотIи гьабураб «Макъамун махIмуд» абураб даража. Гьел гурел цогидал шафагIаталги руго нилъер хирияв Аварагасе ﷺ хасал.

 

ШафагIаталъул тайпаби

ШафагIаталъул тайпаби

микьго руго:

  1. Къиямасеб къоялъул хIисаб-суал гьабизе ихтияр кьей.
  2. Цо къавм хIисаб-суал гьечIого алжаналде ритIи.
  3. ЖужахIалъе мустахIикъал гIадамал гьенире ритIичIого тей.
  4. Аллагь ﷻ цо гьавулел гIадамал жужахIалдаса къватIире рахъи.
  5. Алжаналъул даражаби цIикIкIинари.
  6. ЛъикIал гIадамазул ккарал такъсирал тIаса лъугьун тей.
  7. ЖужахIалде ккарал цо-цо капурзабазе гIазаб бигьа гьаби.
  8. Мушрикиназул гIисинал лъималазе гIазаб кьечIого тей.

Гьеб хIавуз ккола моцIрол нухалъул гIатIилъи бугеб, бокIналги ращадаб, жиндир лъим рахьдадаса хъахIаб, мискалдаса махI гьуинаб, (гьацIудаса гьуинаб), зодор ругел цIвабзаздаса суркIаби гIемерал, цо нухалъ жиндаса гьекъани кидаго къечоларел. Гьелдаса лъим гьекъола Аварагасул ﷻ суннат бацIцIадго цIунарарал муъминзабаз. Цогидал аварагзабазулги хIавузал рукIине руго. Бищун цIикIкIун гIадамал МухIаммад аварагасул ﷺ хIавузалде рачIине руго.

Кавсар ккола хирияв МухIаммад аварагасда ﷺ жиб хасаб, алжаналда бугеб гIор, тIинда бугеб ракь мискалъул, жиндир лъим гьоцIоялдаса гьуинаб, рахьдадаса хъахIаб, мискалдаса махI гьуинаб.

ШафагIат камун нилъ тогеги Аллагьас ﷻ.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...