Аслияб гьумералде

ХIикматаб калам

ХIикматаб калам

Цо къоялъ къалъул гIужалда кьижун вукIарав Лукъман, киса бачIунебали лъалареб гьаркьица, ворчIизавун вуго: «Ле, Лукъман, дуе бокьилищ дунялалда тIад халифлъун вукIине ва гIадамазда гьоркьоб ритIухълъи чIезабизе?» - ян ахIун буго. Лукъманица абун буго, тIаса бищизе ихтияр батани дица гьеб иш дидего тIаде босилароанин. Жавабалда гIажаиблъарал малаикзабаз щайилан цIехон буго. Гьес абун буго дунялалда ханлъун вукIинегIан лагълъун вукIинго бокьилин жиндие.

Лукъманил рагIабазул берцинлъиялдаги гьесул гIакълуялдаги хIайранлъун хутIун руго малаикзаби. Гьеб бакIалда цIидасан кьижун ккун вуго Лукъман. Макьилъ Аллагьас ﷻ гьесул рекIелъ хIикмат лъун буго. ВорчIидал Лукъманица хIикматалдалъун кIалъазе байбихьун буго. Гьелдаса хадуб абун буго гьесда Лукъманул ХIакимилан. Лукъманул ХIаким Давуд аварагасул заманалда вукIарав чи вуго. Давуд аварагас цо нухалъ гьесда абун буго рохел бугин дуе, Лукъман, Аллагьас ﷻ дуе кьун бугин хIикмат ва дунялалъул ургъел тIаса босун бугин дудаса.

Лукъманил чIужуги васги авалалда битIараб нухда рукIун гьечIо. Гьел кантIизелъун Лукъманица гIемерал насихIатал гьарун руго гьезие. Ахирги гьел насихIатаздалъун кIиялго исламалде рачIун руго. Гьесул хIикматал насихIатазул дагьалго рехселин. Нужеца даран гьабулеб жоялъулъ Аллагьасукьа ﷻ хIинкъа, гьеб мехалъ къайи гьечIониги хайир щвела.

Радал хIелеко ахIтIедал тIаде рахъа, хIелкидаса загIипаллъун рукIунге. Тавбу метералде тIамуге, тохлъукьего тIаде бачIунеб хвеллъидал нилъеда нахъа бугеб. ХIаракат бахъе гIалимзабазул данделъабазда гIахьаллъизе, гIакъилзабазул каламалъухъ гIенеккизе. ГIакълуялъул канлъиялъ ракIал чIаго гьарула лъеца бакъвараб ракь чIаго гьабулеб гIадин.

Гьаб дунялалда дица чанги бакIлъи баччана, амма квешав мадугьалгIан бакIаб жо батичIо. Гьаб дунялалда дица чанги кьогIлъи хIехьана, амма мискинлъигIан кьогIаб жо батичIо. ЛъикIал чагIазда аскIов мукIурав лагъ гIадин вукIа. Квешалгун киданиги цадахъ чIоге. БорчIун араб жоялда хадуб ракI бухIуге, жибго тIаде бачIунелде мугъ рехунги чIоге. Таваккал гIицIго Аллагьасде ﷻ тIаме. Аллагьас ﷻ сабаб рекъезабуни ризкъи нужее щвечIого хутIуларо. Лъаралда гIамал гьабичIого цIияб лъазабизе лъугьунге. Лъималаздаса нуж рохила гьитIинго гьезие тарбия кьуни. Дунялияб жо буго жинда жанир гIемерал гъанкъараб ралъад. Аллагьасукьа ﷻ хIинкъиялъул гамида рекIани, хвасарлъила.

ХIАЖИ ГIАЛИЕВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...