Аслияб гьумералде

Сундулъго маслахIат бихьи

Сундулъго маслахIат бихьи

Сундулъго маслахIат бихьи

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеда малъун буго Жиндир хIукму-къадар тIаде бачIиндал гьелда дандчIвазе кколеб къагIида. Балагь тIаде щвани - сабру гьабун, ресукълъи щведал - таваккал тIамун, ризкъи гIатIилъидал - шукру гьабун.

 

ГIакълу камилав чилъун рикIкIуна сундулъго маслахIат бихьулев чи. Гьединал чагIилъун нилъ гьечIони, нилъеца цIакъ бахъизе ккола гьединазулгун гьалмагълъи гьабун, гьеб нигIматалда кверщел гьабизе. Нилъер хирияв Аварагасул ﷺ хӀадисалда буго: «ТIадегIанав Аллагьасе цо чиясе лъикIлъи бокьидал, Аллагьас гьесие ризкъилъун кьола  лъикӀав вац, Аллагь кIочараб мехалъ гьесда ракӀалдещвезабулев, ракӀалдещведал, кумек гьабулев», - ян.

Цо заманалда вукӀун вуго жиндирго ишазулъ вазирасда нахъвилълъунев хан. Гьев вазирги вукIун вуго цIакъ хIикматав чи. Щиб кканиги лъикIалде бачун, маслахIат бугин абун хан гIодове виччазавулев чилъун. Цо пуланаб къоялъ ханасул килищ къотIун буго ва вазирасги абула: "Гьелъулъ маслахIат батула, мун къварилъуге", - абун. Ццим бахъарав ханас вазир туснахъалъув тIамула. Гьениве жив ккеялда жанибги маслахIат батулин вазирасги абула. Гьоркьоб уна заман, ракI гъоларого лъугьарав хан вахъуна чанаве, вазирги цадахъ гьечIого. Чан гьабулаго гIалхул гIадамазухъе ккола. Гьезул гIадат букIун буго кодове щварав чи цо хасаб ганчIие къурбанлъун хъолев. Хан хъвезе хIадуридал, цоясда бихьун буго гьесул килищ гьечIеблъи. Мукъсанаб къурбан жидер бетIергьанасе хъвезе бегьуларинги абун, виччан тун вуго. Гьанже вазирас абурабги бичIчIун, долъул пикруялда хан жанив тIамурав вазирасухъе уна. Туснахъалда парахат ватарав вазирасда бицуна ханас жиндиего ккарабщинаб ва абула: «Дирни килищ къотIиялъул маслахIат гьадинаб бугин, мун жанив ккеялъулъ маслахIатгIаги щиб бугеб», - илан. Цинги вазирас жаваб гьабула, дун туснахъалъуве ккун вукIинчIевани дуда цадахъ вукIунаанин ва камилаб къурбанлъун дунги хъвезе вукIанин дозилан.

Балагьеха, бусарбаби, ханасулги вазирасулги ккаралъухъ.

Жиндие бокьаралъул гIаксалда ккедал пуланав валияс абун буго доб букIанин жиндие бокьараб, гьаб бугин Аллагьасе бокьараб, Досда цIикIкIун лъалин абун.

Аллагьас ﷻ нилъее хъваралда разилъун чIезе кIвей ккола рекIее парахалъи, Гьесул ﷻ хIукму-шаргIалда божилъи ва унго-унгояб ракIчIей. БетIергьанас ﷻ тавпикъ кьеги кинаб хIалалде кканиги шаргIалъул нух кквезе гьабизе.

 

МухIаммад МуртазагIалиев

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...