Аслияб гьумералде

РетIел кин ва кинаб ретIилеб?

РетIел кин ва кинаб ретIилеб?

РетIел ретIулаго ният букIина гIаврат бахчизе, Аллагьасул амру тIубазе, бухIи-цIороялдаса черх цIунизеян. ГIадамазда, хасго руччабазда берцин вихьизеян абун ретIел ретIиларо.

 

Руччабазги, бихьинал ругеб бакIалда, черхалъул щибго бакI цебе лъолеб, тIомол кьер бихьулеб, лагаялъул куц лъалеб ретIел тIад ретIиларо. ГIадамазда берцин вихьизе гIоло ретIел ретIи рияъ ккола. Рияъ гьитIинаб ширк кколин абураб хIадисги буго. ГIалимчиясе, халкъалда цеве вахъунев чиясе, ният лъикIаб бугони, лъикIаб ретIел ретIизе хирияб буго. РетIелги заманалда, бакIалда рекъараб ретIила, гIадамаздаса живго ватIа вахъулеб, гIадамазул пикру тIаде цIалеб, машгьурлъизавулеб партал ретIиларо. Гьоркьохъеб хIалалъул ретIел ретIила.

РетIел букIа, хьитал рукIа, ретIунеб мехалъ, кваранаб рахъалдасан байбихьила, тIаса бахъулаго, квегIаб бахъила. Хасго руччабаз цIуни гьабила капурзабазул модаби гьариялдаса, цо-цо гIадамазда релълъенлъи гьабурав чи гьездасан вукIунилан хIадисги буго.

Черх ва черхалъул сурат цебе лъолеб ретIел ретIулел руччабазда алжаналъул махI чIваларин абураб магIнаялда бачIараб кьучIаб хIадисги буго. ХъахIаб кьералъул ретIел ретIизеги хирияб буго. РетIилалде цебе ретIел кIобокIизеги рекъараб буго.

РетIелги «Бисмиллагьги» бахъун ретIила, ретIун хадуб гьаб дугIаги цIалила: «АлхIамдулиллагьи ллази касани гьаза ссавба ва разакъанигьи мин гъайри хIавлин минни вала къувватин. Аллагьумма инни асъалука мин хайригьи ва хайри ма сунигIа лагьу ва агIузу бика мин шарригьи ва шарри ма сунигIа лагьу». РетIел бахъулеб мехалъ, гьаб дугIа цIалила: «Бисмиллагьи ллази ла илагьа иллагьу», - абураб.

 

Камил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...