Аслияб гьумералде

Дунял нилъер ВатIан гуро

Дунял нилъер ВатIан гуро

ТIадегIанав Аллагьас нилъ рижун руго Жиндиего лагълъи гьабизе. Хадуб, гьаб дунялги Аллагьас бижун буго инсанасе мутIигIаблъун, Жиндие лагълъи гьабулелъул инсанасе квегIенлъиялъе букIине. Нилъер гIемерисезул букIуна мекъаб пикру - дунял гIуцIизе, гьеб къачIазе рижарал ругин нилъилан абураб. Гьеб пикруги гIумруялъул бищунго кIудияб мурадлъун гьабун тIамула гIемерисез гIумруги.

Нилъер эмен Адамги эбел ХIаваги Алжаналдаса ракьалде рачахъиялъе гIиллалъун ккана гьез Аллагьас гьукъараб гъотIодаса кванай, кванаялде гьел гьесизарурабги нагIана батаяб иблис букIана. Гьелдалъун Аллагьас Адамгун ХIавае гIадлу гьабуна - гьел ракьалде рачахъиялдалъун ва ракьалдаги бачIинахъего цоцадаса тIезариялдалъун. Аллагьасул хIукмуялдалъун гIемерал соназдасан данделъана Адамгун ХIава.

Ва гьездасан лъугьана дунялалда нилъ - инсанасул агьлу. Гьаб дунялалъул рукъ буго Аллагьас инсанасе бачIинахъего хIалбихьилъун кьураб жо, жидер хIалбихьизе гьанире тIоцересел нилъер эбел-эмен ритIиялда рекъон. Гьелги гьанире рачана Аллагьасул амру теялдалъун хадубккун хIалбихьизе, гьездаса нилъги рижана квешабгун лъикIаб гIамал бижиялдаго цадахъ бокьараб тIаса бищизе ихтиярги кьун. Кинго нилъеца жиб къачIазе, жинда хадур лъугьунаго гIумру тIамизе кьураб жолъун дунял гуро.

Гьеб пикруялда рекъон, къаси-къалъи цIехечIого нилъ церехун аниги, ахир нилъеда батулеб жоги хвел буго. Ахир Аллагьасда цебе жаваб кьезе ккезеги буго, кин нилъеца гIумру тIамун батаниги. Аллагьасул цо валияс абун буго: «ЛъикI тIамуниги уна гIумру, квеш тIамуниги уна. Биччанте лъикI тIамизе», - абун. ЛъикI тIами абураб жоялъул магIна кколаро киналго дунявиял льикIлъаби дир рукIине кколин, кинабго рахъ лъикIлъабаздалъун битIараб гIумруги дица тIамизе кколин абун хачадилаго нилъеца гIумруялъул къоял инари.

ЛьикI тIами абураб жо ккола нилъехъа бажарараб хIалалъ Исламалъул нух цIунун, Аллагьасул амру ккун гIумру нухда бачин. Исламалъул нухги Аллагьасул амру бугелъул, Аллагьасул амруялда жанибги лъикIлъи гуреб жо инсанасеги гьечIелъул.

Аллагьасул кIудияв вали КъулецIмаса ГIалихIажиафандияс (къуддиса ссиругьу) абулеб буго цо вагIзаялда: «Гьаб дунял нилъер ВатIан гуро. Нилъ руго цо кIудияб сапаралъ унел чагIазда релълъун, цо лъикIаб бакIалда хIухьбахъизе жал чIарал. Ва гьеб хIухьбахъиги нилъее бокьарабгIан заманалъ букIунеб жо гуро. Нилъеда рилълъайилан абидал, нилъ церехун рилълъинеги ккола..», - йилан.

Даимго пикру гьабизе, рекIелъ чIезабизе рекъараб вагIза буго жиндир даража Аллагьас тIадегIан гьабеяв шайихасул гьаб. Амма дунялалъул гIоралъ эхере росун унел нилъеда гьединаб пайдаяб, ахир руссунеб рукъалъе мунпагIатаб хабар къокъаб заманалъ гурони рекIелъ чIоларо. ЧIечIого пулеб гIумруялъул гьорохъе гъугълъарал нилъер гIундузги гьединаб хабар халатккун гъорлъеги босуларо.

Кин бугониги Аллагьас нилъ гIакълуги кьун кIодо гьарун ругелъул, нилъеда тIадаб буго пикру гьабулеллъун рукIине, ахир руссунеб рукъалъул ургъел цIикIкIун гьабизе. ГIумар асхIабасул рагIаби руго «Аллагьас нилъ Исламалдалъун кIодо гьарурал руго. Гьеб гуреб жоялъулъ кIодолъи балагьизе лъугьарал, Аллагьас гIодорегIан гьарула», - ян.

Кутакалда магIна гъваридал рагIаби руго. Ислам гуреб жоялъулъ кIодолъи абураб жоги ккола, дунялалъул рокъоб динги рехун тун, дунявияб кIодолъи балагьизе лъугьин абураб. Амма гьаб заманалъул унтилъун льугьун буго динги нахъе цун, дунялалда хадур лъугьин.

ТIадегIанав Аллагьас дунял бижараб мехалъ гьалдехун абун букIаниги: «Дуда хадур лъугьараздаса мун лъута, мун рехун таразда хадубги лъугьа», - абун. Дунялалда хадур лъугьин абураб жоги ккола тIубараб пикру гьеб тIалаб гьабиялде бусинаби, ракI гьелдалъун цIей, лъикIаб-квешаб батIа бахъиялдаса ун, хIалал хIарам жубан гIумру инсанас тIами.

Хирияв Аварагасул букIараб бищунго кIудияб хIинкъиги буго, динги рехун тун уммат дунялалда хадур лъугьин. РакIалъ тIаса бищаралда хадуб гIакълуги, гIакълуялъ босаралда хадуб гIамалги уна чиясул. Дунял буго Аллагьас паналъизе бижараб жо. Нилъги руго хвезе рижарал. КигIан кIудияб гIантлъиха нилъер ккелареб даимлъиги нахъе цун, лахIзат тIаса бищи?! Даимлъи - ахират, лахIзат - дунял.

«Гьаб дунял нилъер ВатIан гуро» - къокъал, амма магIна гъваридал рагIаби. Пикру гьаби кутакалда беццараб буго. Пикру гьабулев чиясе тIубараб гIелму жанибе бачарал рагIабиги руго гьел. Аллагьас нилъ киналго ритIун ккезареги, хIакъаб хIакъаблъун, батIулаб батIулаблъун бихьизабиялдалъун.

ПАТIИМАТ ХIАСАНОВА

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...