Аслияб гьумералде

Иблисалъе мутIигIав

Иблисалъе мутIигIав

Ццим бахъин ккола, хирияв аварагас цIунеян нилъеде васият гьабураб рекIел унтабазул цояб. Ццим бахъиндал щайтIаналъ инсанасда тIад кверщел гьабула ва жиндиего бокьаралъуве гьевги вачуна.

Бану исраилазул заманалда Аллагьасул цо валияс щайтIаналда гьикъун буго: «Адамил лъимер кинаб къагIидаялъ нужеца къосинабулеб», - ан. ЩайтIаналъ жаваб гьабун буго: «Адамил лъимер мехтун вугев мехалъ, нижеца гьев сверизавула нижее бокьаралъуве, гьаракь биччараб мехалъ чахъаби сверизарулел гIадин.

Адамил лъимадул ццим бахъараб мехалъ гьев нижеда кодов вукIуна, лъималазда кодоб торгIо гIадин, нижеца реха-рехаралъуве гьевги уна», - ян. ГIарифуназул цояс иблисалда гьикъун буго: «Дуца бице, Адамил лъимералда тIад кин кверщел гьабулеб?» - ян. НагIана батаяб иблисалъ жаваб гьабун буго: «Дица гьев восула ццим бахъиналдаги шагьват багъариялдаги аскIоб», - ан.

ТIадегIанав Аллагьас ццим бахъиналда аскIоб сабру гьабулезе рецц гьабун Къуръаналда абулеб буго: «Жидеца ццим бахъин нахъчIвалел ва гIадамаз гьабураб заралалда тIасаги лъугьунел», - абун. Абу-СагIидил Худрияс бицараб хIадисалда хирияв аварагас абун буго:

«Ццим бахъин буго цIадулъа босараб тIурччи, щив чи вугониги ццим бахъиндал вахъун чIун, гьесда гIодов чIайин абе, гIодов чIун вугони, хьибилалда вегайин абе, гьединги нахъе инчIони, какие чурейин абе», - ян. Цогидаб хIадисалда буго: «Нуж ццим бахъиналдаса цIуне, ццим бахъиналъ инсанасул рекIелъ цIа бакула, нужеда бихьуларищ нужер цонигиясул ццим бахъараб мехалъ гьесул берал багIарлъула ва бидурихьал понцIала, гьел гIаламатал нужее загьирлъидал, нуж хьибилалда рега», - ян.

Авараг цо къавмалда аскIосан унаго, гьесда рихьана чIахIиял ганчIал рорхулел гIадамал. Хирияв аварагас гьезда гьикъидал: «Нужеца гьабулеб щиб», - ан, гьез жаваб гьабуна: «Ниж захIмалъи хIехьон, къуваталъул хIалбихьулел руго», - ян. Цинги аварагас абуна: «Дица нужеда бицинищ гьелдасаги захIматаб пиша», - ан. Гьез бицеян абидал, аварагас абуна:

Диналъул вацасдехун ццим бахъарав чи, щайтIанги къезабун, гьесде аскIове кIалъазе ин буго», - ян.

Лъабго гIамал буго алжаналъул агьлуялъул тIабигIатаздаса жал кколел: дуда зулму гьабурасдаса Аллагьасе гIоло тIаса лъугьин, мун махIрум гьавурасе садакъа кьей, дуе квешлъи гьабурасе лъикIалдалъун жаваб гьаби. Абу СагIидил Худрияс бицараб хIадисалда буго: «Нужер бищун лъикIал руго ццим бахъин хIинцал, ццим бахъун хадуб гьеб хехго къулчIулел. Нужер бищун квешал руго хехго ццим бахъунел ва хехго гIодоре руссунарел», - ан.

Цо нухалъ ГIумар ибну ГIабдулгIазизида вихьидал мехтарав чи, гьес гьесда тагIзир кьабизе амру гьабуна. ТагIзир кьабизе вачунаго мехтарав ГIумариде вагъизе ва хьандезе лъугьуна. Цинги ГIумарица амру гьабула гьев тагIзир кьабичIого виччан теян.

ГIажаиблъарал асхIабзабаз ГIумарида гьикъула: «Я, муъминзабазул амир! ТагIзир кьабизе мустахIикъав чи дуде семидал виччан теялъул хIикмат щиб?» - ан. ГIумар ибну ГIабдулгIазизица жаваб гьабула: «Гьес дир ццим бахъинабуна, дица гьесда тагIзир кьабун букIарабани, Аллагьасул гIадлу билълъанхъизабун гуреб, дирго напсалъе гIоло букIинаан, дие бокьичIо дирго напсалъе гIоло бусурманчиясда кьабизе», - ян.

Ибну ГIабасидасан бицараб хIадисалда хирияв аварагас абун буго:

«Дица нужеда бицинищ нужер бищун квешал», - ян. АсхIабзабаз бицеян абидал, аварагас абуна: «ГIадамазде ццим бахъунев ва гIадамазул жинде ццимги бахъине гьабулев», - ан.

ИСРАФИЛ-ХIАЖИ МУХIУМАЕВ

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Казбекалъулазги гьабуна кумек

Казбек районалъул жамагIаталъ, цо сордо-къоялда жаниб, бажарараб кумек гьабуна тIабигIияб балагьалъул квачIикье ккарал Хасавюрт районалъул гIадамазе.  Гьединаб кумек гьабизе ккеялъул бицун цеве вахъана районалъул имамзабазул советалъул председатель ва гьес киналго ахIана бажарарас бажарараб...


БацIадаб ниятгун

Муса аварагасул заманалда гIумру гьабун вукIана цо динияв чи. Гьес Аллагьасе гIибадат гьабулаан, рукъалъул тIохда гIемерал какал ралаан. Цо къоялъ гьесухъеги рачIун цояз бицана гъотIое гIадамаз сужда гьабулеб ахил хIакъалъулъ. Гьебги рагIун, гIащтIиги босун, гъветI къотIизе къасдгун къватIиве...


Аварагас ﷺ течIеб как

Тагьажуд ккола боголил какдаса хадуб рогьалил как ахIизегIан балеб суннатаб как. Гьеб цIакъ кIвар бугеб какги буго. Гьеб базе бихьизабун буго рогьалил как базегӀан. КигӀан заманалъ кьижаниги, ворчӀун хадуб ва рогьиналде бараб как ккола тагьажуд.   Нагагьлъун, сапаралъ вугев чияс маркӀачӀул...


ХIикматал махлукъатал

Морж   ЧIахIиял рухIчIаголъабазул цоял ккола моржал. Гьел руго тIом биццатал ва гьелъ кумек гьабула гьезие квачалдаса цIунизе. Габуралъул тIасияб рахъалъул тIом  букIуна 10 сантиметралъ биццатаб.   Гьезда кIола рекIел кьабиялъул хехлъи-хIинцIлъи жидеего бокьухъе бачине. Лъим...


Дагъистаниязде хитIаб

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал, Дагъистаналда бараб чвахунцIадалъ гьабураб къварилъи нилъее ккола иргадулаб хIалбихьилъун.   ТIоцебесеб иргаялда, гIезегIан чи махIрумлъана мина-карталдаса ва магIишаталдаса. Гьайгьай, гьебги ккола тIаде тIамураб хIалбихьилъун. КIиабизе, тIабигIияб...