Аслияб гьумералде

Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.

 

Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб гIадаб бакIалде щведал, дица дидаго абуна: «Гьанже дица халгьабила кин дие БетIергьанас ﷻ ризкъи кьолебали», - абун.

Гьеб гIужалда авлахъалдасан унеб букIана гIемерал гIадамал гъорлъ ругеб варанабазул тIел.   МагIарде аскIоре гIагарлъулаго цIадги базе лъугьун, рахчизе бакI балагьулаго гьел нохъоде лъугьана. БокIнилъ гIодов чIарав чи вихьидал, гьез абуна: «Ле, Аллагьасул ﷻ лагъ», - абун. Амма гьес щибго данде абичIо. Хадуб гьезул цояс цоясдехун абуна: «Гьев гIемер квачаялъ кIалъазе кIоларогогIаги вугодай», - абун ва кIалъазе кIоледухъ хинлъизе вукIине цIа бакана. Гьедин гьабуниги имам Загьидица гьездехун щибго абичIо.

 Хадубги гьез абуна: «Гьав гIемер вакъиялъгIаги вугодай кIалъазе кIоларого?» - абун ва гьесда цебе кванайиланги абун тIагIам лъуна. Гьес щибго жоялде квер бегьичIо. Гьелдаги гIажаиблъун, гьез абуна: «ГIемер вакъиялъ, жинцаго кваназе кIолареб хIалалдагIаги вугодай», - абун ва гьализе рахьги гьабун, тIаде чакарги бан, гьесда цебе лъуна. Амма гьев гьелдеги валагьичIо. Гьесул гIамал-хасият бихьун риххун ккарал гьезабуна гIемер квачаялъ унтун, кIал рагьизе кIолареб хIалалда ватилин ва гьезул кIигояв имамасда аскIоре рачIана. Цояс хIалгьабун кIал рагьизабун цогидас квен кIалдибе бугIана. Гьеб мехалъ имам Загьид велъанхъана. Гьезул цояс мун гIабдалищин цIехедал, имамас абуна: «Гуро, амма дие бокьун букIана кин БетIергьанас ﷻ, гьаб гIадамалго гьечIеб бакIалда, дие ризкъи кьолебали халгьабизе. Гьанже дие якъинлъана Аллагьас ﷻ кибго, кир ругониги ва щиб лагъзаз гьабуниги ризкъи кьолеб букIин».

 

МухIаммадгIариф къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...