Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Кит

Китал руго ракьалда ругел бищун чIахIиял рухIчIаголъабазул цоял. Гьезул буго 90-100 батIияб тайпаги. ХъахIилаб кит рикIкIуна бищунго кIудияблъун, хадусеб - Финвал (халалъи бахуна 18-24 метралде, бакIлъи - 85 тонна).

 

ХъахIилаб кит рикIкIуна бищунго бакIаб ва халатаб. Араб гIасруялъул байбихьуда ккун букIун буго 33,58 метр халалъуда бугеб гьединаб кит. Гьезул гьоркьохъеб халалъи букIуна 25-30 метр. МацIалъул халалъи бахуна 3 метралде, цIайи – 4 тоннаялде. РекIел бакIлъи букIуна 650-700 кг. Амма минуталда жаниб 5-10 нухалъ гурони гьезул ракI кьабуларо. Бугониги, 9 нухалъ кьабидал ракIалдасан къватIибе кьолеб буго 6,5 тонна бидул. Бищун кIудияб бидурихьалъул диаметр 40 сантиметр ккола. ХъахIилал китал руго цаби гьечIел, гьез квен биинабула хасал пластинабаздалъун.

Гьезда кIола 100 сордо-къоялъ кьижичIого, 2 сагIаталъ хIухьел цIачIого, 240 къоялъ квен гьечIого чIезе. Кьижула гIадалнахул бащдаб рахъги свинабун, цинги хутIараб рахъалъ тIалаб гьабула багъа-бачари ва хIухьел цIай. Амма гьединаб куцалда хIухьбахъи гьабулелъул, тохлъун ккани, гъанкъизеги рес букIуна.

Китазухъа бажарула гIорхъолъа арал кIудиял гьаркьал гьарун. Гьаркьал рукIуна угьдилел, щванкьелел, гIергIедилел ругин кколел гIадал. Гьелги гьарула цоцазулгун бухьен гьабизе, жалго ругеб бакI лъазабизе. Сасал рахъинарула сагIтазцин. Цо тайпа китазул буго бихьиналда гурони сасал гьаризе кIолареб. Бищун хIеренал гьаркьал гьарула тIинчI беэдулелъ.

Китазул хIакъалъулъ ругел цоги хIужабаздаса ккола гьел гIадамалго гIадин социалияб рахъалъ церетIураллъун рукIин. Гьезул гIадалнахулъ буго жидерго гьудулзабазулгун гьоркьоблъи гьабиялъулал клеткаби, цогидаздаса лъай босизе ва малъизе, гIагараб кит хвей яги гьелъие зарал ккеялдаса къварилъизе, хIатта букIинеселде планал гьаризецин бажари.

Цо-цо тайпабазул хIалбихьияздаса баянлъун буго гьел кверде ругьунлъулел рукIинги. Гьедин хIалбихьиязда китаз гьарулел руго инсанас гIадал гьаркьал.

Къойида жаниб гьез чанго тонна кванил кванала. ЗахIмалъи бугеб бакIалде ккедал китазе гIумру гьабизе бигьалъула черхалда тIад биццатаб кьаралъиялъул гъат букIиналъ.

Цоги, китаз лъим гьекъоларо. Гьезие кванил нигIматаздаса щола хIажатаб къадар лъамалъиялъул.

Гьоркьохъеб куцалда гIумру гьабула 70-90 соналъ, амма дандчIвала 200 сон баралги. Цо-цо тайпаби руго 20 азарго километрги нахъа тун, цо бакIалдаса цогидаб бакIалде гочунел.

КIиго соналда жаниб гьез цо тIинчI гьабула. ТIанчIазе эбелалдаса щола тIорахьдал гIадаб гIуцIи бугеб рахь. Эбелалъул ургьиса къватIибе бачIунелъул тIинчI гьабула рачIги цебе гьабун. Амма китал руго цо гурони цIуяб (яги бихьинаб) жидеца кколарел, гьеб хаслъи сабаблъун китал гьедигIан гIемер гьечIо.

Сас, гьаркьал рагIула чIандероялъул кумекалдалъун. Канлъиги буго загIипаб.

Лъедолелъул китаз сагIаталда жаниб нахъа тола 22 километр. Амма къокъабго манзилалда лъедолеб бугони, сагIаталда жаниб 40-48 километрги нахъа тезе кIола. Лъелъа къватIире раккичIого 15-20 минуталъ гурони бажаруларо. БетIералда тIад бугеб картIил кумекалдалъун гьарула сасал, гьединго, лъим речIчIизабун лъугьинабула фонтанги. Амма фонтан букIуна гIицIго лъедаса гуреб, гьелдаса бахъинабураб хIухьладаса лъугьарабги.

ГIадалнахул цIайи буго 6,8 кг, тIулал - 1 тонналде гIагарараб, тIомода гъоркь бугеб кьаралъиялъул бицалъи буго 7-15 см. Гьуърузда жанибе уна 14 м3 гьаваялъул. Мугъалда бугеб плавник буго цIакъ гьитIинаб, 30 см гурони гьечIеб.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...