Аслияб гьумералде

Лъай бугев чи

Лъай бугев чи

Нилъеда бихьула кинаб бугониги гIелмуялъе цIаларав ва гьелда гIамал гьабун хIалтIулев ялъуни хьвадулев чиясухъги, гьединго щибго жоги лъаларев, лъазего лъачIониги цо жо гьабулевин вукIунев чиясухъги халгьабураб мехалъ кинаб батIалъи кIиясулго букIунебали.

ТIоцевесесухъ балагьидал бихьула гьес жиндаго лъалеб мухIканго, букIине кколеб куцалда гьабулеб букIин, тIадеги рес ккара-ккаралъуса лъазабун жеги цIикIкIун тIалаб гьабулебги букIуна. КIиабилев абуни, кигIанго жо лъаларев вугониги, цо кинаб бугониги иш гьабидал гьелдаса чIухIун, жеги рихьдаецин гьеб гьабулев вукIуна.

ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго (магIна): «Дуца абе, МухIаммад , гIелму бугев гIалимчиги, жинда щибго жо лъаларев жагьилчиги цоцада ващад вугищ?», - абун.

Нилъеда тIадаб буго лъалареб тIалаб гьабизе, гьеб нилъерго лъимал-хъизаналда малъизе ва гьелда гIамал гьабун хьвадизе.

Абу-Дардаъ абурав асхIабас бицараб Аварагасул хIадисалда буго: «ГIалимзаби ккола аварагзабазул ирсилал, аварагзабаз я диргьам я динар ирсалъе нахъе толаро, гьез нахъе толеб гIелму буго, гьеб щвей тIалаб гьабурасе кIудияб къисматги щвана», - ян.

ГIелмуялда рекъараб гIамал гьабун хьвадулев гIалимасул хиралъи мажгиталда жанив чIун гIибадат гьабун вукIунесулалдасаги хириябги буго. Гьелъие дилиллъун бачине бегьула Абу-Умаматидаса бицун нилъехъе щвараб кьучIаб хIадис.

Гьес абуна: «ГIалимасул хиралъи гIибадат гьабулесдаса, нужер бищун гIодовегIанасдаса дир хиралъи кинаб батаниги, гьединаб буго», - ян. Хадубги тIаде жубана: «Аллагьасги , Гьесул малаикзабазги, зоб-ракьалъул агьлуялъги, ралъдалъ бугеб хIуталъги, хIатта ракьулъ бугеб цIунцIраялъгицин гIадамазда лъикIлъи малъулесде салават битIула», - ян. Аллагьас пайдаяб кьеги щивасе гIелму.

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...