Аслияб гьумералде

Цогидасулалда релълъараб дуеги…

Цогидасулалда релълъараб дуеги…

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъ ккураб кIалги цIалараб Къуръанги Аллагьасул ﷻ лагъасе шапагIаталъе чIола. КIалалъ абула: “Я, дир БетIергьан ﷻ! Дица гьев квандаса гьукъана къад заманалда, изну кье дие гьесие шапагIат гьабизе”, - ян. Къуръаналъ абула: “Я, дир БетIергьан ﷻ! Дица гьев къаси заманалда макьидаса нахъчIвана, кье дие изну гьесие шапагIат гьабизе”, - ян. Ва гьезие шапагIат гьабизе ихтияр кьола», - ян (АхIмад).

Абугьурайратица бицана Аллагьасул ﷻ расулас ﷺ абунин: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абун бугин Адамил лъимералъ гьабулеб щиб гIамал бугониги, гьеб буго гьес жиндиего гIоло гьабулеблъун, кколеб кIал хутIизегIан. КIал абуни буго Дие гIололъун гьабулеб, гьелъухъ ажруги Дицаго гьабизе буго», - ян (Бухари).

«Дицаго ажру гьабизе бугин» абуралъул магIнаги буго, лагъас цо кинаб бугониги гьабураб лъикIаб гIамалалъухъ анцIгоялдаса анкьнусгоялде щвезегIан кьолелъул, ккураб кIалалъухъ кири гьелдасаги цIикIкIинабун, Жиндаго гурони лъалареб гIадаб къадаралъ, гIемер гьабун кьезе бугин абураб. КIал ккун кири хIасуллъи гуреб, гьеб биччазе Аллагьасул ﷻ лагъзадерие кумек гьабуразеги буго гьебго гIадаб ажру.

ХIадисалда буго: «КIал ккурасе кIал биччазе тIагIам кьурасе цере гьарун арал мунагьал чурула, цIадул балагьалдаса хвасарлъула, кIал ккурасего гIадаб ажруги хIасуллъула», - ян.

Гьедин аварагас ﷺ абулелъул аскIор рукIарал асхIабзабаз цIехола: «Щиб нижеца гьабилеб нижерго кIал биччазе гIурабцин квен гьечIони», - ян.

Аварагас ﷺ жаваб гьабуна: «КIал ккурасе нужеца гьекъезе лъим яги чамасдакI кьуниги, Аллагьас нужее гьелъухъ жазаъ гьабула», - ян.

КIал биччазеги рекъараб буго как ахIидал, ай нахъбахъичIого. Гьелде ишара гьабулел хIадисалги руго.

Сагьла ибну СагIдидаса бицана, аварагас ﷺ абунин: «ГIадамал баракат хIасуллъулеллъун рукIине руго гьез кIал биччай хех гьабулеб бугебгIан заманалъ», - ин (Бухари).

Как базегIан цебе кIал биччазе бихьизабун буго. Гьедин гьабулеб букIана аварагасги ﷺ. Гьес ﷺ кIалги биччалаан гIатIгояб чамасдакI щвани - гьелдалъун, щвечIони – бакъваралдалъун ва гьебги щвечIони - чанго къулчIи гьабун лъиналдалъун.

Нилъер заманалдаги тIибитIараблъун лъугьана мажгитахъ яги цогидал бакIазда кIал биччазе квен-тIех хIадур гьаби. Гьебги беццараб пиша буго. Гьединал данделъабаз жамагIатазулгун диналъул вац-яцазул ракIал цолъизарула, лъаларезулгун гьоркьоблъи ккола, гьудул-гьалмагъзаби дандчIвала. Рокъоб агьлу-хъизамазгун кIал биччайги кутакалда беццараб буго. Гьелъги ракIал гьуин гьарула, цоцада цIех-рех гьабун къваригIараб-тараб лъала, тIубазе хIажат бугони - гьеб лъала, гIагарлъиялъулгун хурхен щулалъула.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...