Аслияб гьумералде

Рас щулалъизе бокьани...

Рас щулалъизе бокьани...

Рас щулалъизе бокьани...

 

Хирияв Аварагас абун буго расалъе хъулухъ гьабейиланги. Хъулухъ гьабиялде гъорлъе уна чури, ххай ва батIи-батIиял нахал рахин.

 

Хирияс ﷺ цо-цо мехалда расазда зайтуналъул нах бахунаан. Зайтуналъул нахулъ ругел витаминаз ва микроэлементаз рас щула гьабула ва хъачIлъизе биччаларо. Рас чурулагоги чвердолагоги Аварагас ﷺ накIкIигъотIол рукIкIби гIадал тIанхаздасаги пайда босулаан.

Аварагасул ﷺ яс Зайнаб хведал, Аварагас ﷺ абуна: «НакIкIигъотIол рукIкIби гIадал тIанхазул порошок, лъимгун жубан, лъабцIул ва щуцIул чуре. Ахирисеб нухалда чурулаго лъелъе камфора ялъуни гьелда релълъараб жубай», - илан.

Гьанжесел гIалимзабаз чIезабун буго накIкIигъотIол рукIкIбузул гьабураб порошок хIалтIизабиялъ тIомода тIад рукIунел микробал, инфекциялъулал унтаби чIвалеллъи, бидурихьазул стенкаби щула гьарулеблъи, чорхолъ ругел заралиял микробалги хвезарулеллъи.

Аварагас ﷺ Алтеялъул тIегьги хIалтIизабулаан. Лъелъеги жубан гьеб тIогьол бахъараб нахалъ расул кьибил щула гьабула.

Расазе хъулухъ гьабулеб мехалда Аварагас ﷺ Гипсофилаги хIалтIизабулаан. ГIаишатидасан бицана: «ИхIрам ретIун хIеж-гIумраялде лъугьиналде, гипсофила жубараб лъеца Аварагас ﷺ расал чурулаан ва хадуб дагьабго къадар зайтуналъул нахги бахунаан», - илан.

 

Жабир Мажидов

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...