Аслияб гьумералде

Дунялалъул хIалбихьиял

Дунялалъул хIалбихьиял

ХIурматиял бусурбаби, дунялалда лъугьа-бахъунеб лъаларев чи нилъеда гьоркьов ватиларо. ТункагIуси, рагъ-кьал камун дунял букIунареб гIадат буго. Щайгурелъул гьаб дунял питнаялъулги, кьалалъулги, хIалбихьиялъулги бакI бугелъул. Камилаб парахалъи гьаниб букIунареб жо буго.

Гьединлъидал нилъ рукIине ккола бокьараб лъугьа-бахъиналъе хIадураллъун. ЗахIмалъи хIехьезе сабруги чорхолъе бакIарун, гьабсагIат бугеб хIалалда рекъон хIукмуги гьабун гIумру цебехун бачине ккола. Гьайгьай, лъиениги бокьуларо рагъ-кьалги, захIмат баччиги, хIалуцараб хIалги. Нилъее бокьичIогоян гьеб бачIинчIогоги чIоларо.

Цоги, гьединаб заманалда рекъола нилъерго хьвада-чIвадиялъул хIисаб гьабизе, кигIанасеб лъикIаб гIамал нилъер лъугьунеб бугебали балагьизе. ГьабсагIат, гIаммаб къагIидаялда балагьани, махIниги лъикIаб хIал гьечIо нилъер хьвадиялъул. Квешабин абулебщинаб, какараблъун рикIкIунеб гIамал нилъер щивасул чорхолъ бессун буго.

Цоцазул къимат хун буго, цоцаца кваназе хIадурал жанаваразулалдаса батIияб жо гIемерго гьечIин кколеб буго. Гьединги букIаго, кинабгIаги санагIалъи гьечIолъи ккедал, рихха-хочун лъугьунелги руго. Гьеле гьеб бакI буго кутакалда хIинкъараб. Масала, тохлъукье хвел тIаде щвани, гьеб нилъеде биччарасдехунги хIал квешлъизе рес буго, гьеб буго бищун инсанасул талихIкъараб бакIги. ГьабсагIат кколел ругел лъугьабахъиназул хIасилалда гIаммал гIадамазе дагьа-макъаб захIмалъи ккезе рес буго магIишаталъулъ. Масала, кванил нигIматазул ва цогидалъул багьаби рахиналдалъун яги гьел къанагIалъиялда бан.

РачIаха гIатIидго Аллагьас тараб заманалда нилъерго букIаралдеги. КигIанасеб нигIмат нилъеца исрап гьабулеб бугеб? Рищни-къул бараб бакIалде чедквен рехун батулеб бугин абун нижеца гIемерал макъалаби хъвана. Кьураб нигIматалъухъ шукру гьабичIони гьеб нахъе босулеблъи Къуръаналъул мафгьумалдасаго бичIчIулеб жо буго. Гьелдаго релълъун буго ретIел-кунги. ЧIалгIун бугинги абун, щибго лъугьинчIеб ретIелцин къватIибе балеб буго. Гьеб кколарищ тIасанккей?

Цо кинаб бугониги горде босани, гьелда цадахъ ретIине рекъараб кьералъул тIажуги букIине ккола. Гьелде тIадеги, кьер релълъарал хьиталгун тIагъурги. Руччабаз гьабулелъул бицинего бицинарин. Гьедин нилъ ругеб заманалда захIмалъи тIаде биччачIого БетIергьанас телищ? ХIалбихьичIого нилъ рукIинищ? Щибха нилъее гьабизе рекъараб бугеб гьединаб заманалда? ТIоцебесеб иргаялда, нилъерго гIайибалъе, мунагьалъе, адаб тун хьвадиялъе мукIурлъизе ккола. Гьелда ракIги бухIун, ракIракIалъго тавбуги гьабун, Аллагьасда гьаризе ккола тIаса лъугьин.

КинабгIаги хис-бас дунялалда яги улкаялда ккани, гьелъие гIайибиял ралагьизе рекерула нилъ. Гьев чиясде рикIкIунелъул гIурхъи-низамги букIунаро. Аллагьасда божулел бусурбаби нилъги рукIаги, гьединал жагьилал харбал рицине рекъараб бугищ? Киналдаго хIал кIолев БетIергьан Аллагь вукIин кIочене кин бегьулеб? Гьесде руссине, Гьесде ахIи базе ккеларищ бусурбабаз. Аллагьас кумек гьабеги киназего битIараб нух кквезе! Амин!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...