Аслияб гьумералде

Макьилъ хIинкъизари

Макьилъ хIинкъизари

Ахираб заманалда гIемерал гIадамазул суал буго къаси кьижараб бакIалда макьилъ хIинкъизарулел ругин, гIала-гъважа, питнаби цере тIамулел ругин абураб. ГIемерисез тIалаб гьабула гьединал макьабазул магIна ва хIикмат лъазе бокьи.

Дидаго кинаб макьу бихьаниги, гьелъул магIна лъикIалде бачун тола. Инсанасул гIумруялда жаниб ккезе бугебщинаб цин гьесда макьилъ бихьулиланги хIадис буго. Гьениб бихьарабщинаб кинабго ракIалдаги чIоларо, лъикIаб хIасилалде бачун теялъ ракIги парахат гьабула.

Инсан макьилъ хIинкъизавиялъе аслияб гIилла буго исламалъ рихьизарурал вега-вахъиналъул суннаталгун адабал тIуразариялъулъ гьес тасамахIлъи гьаби. Регулелъул гIемерисеб мехалда кьижун ккола телевизоралда цере, гIодорчIаралъур, ккара-ккаралъуб, хIатта кванил тIутIалда нахъацин. Гьединаб къагIидаялда кьижани, кинал адабалха тIуран бажарулел?

Имам Гъазалияс кьижиялда хурхараб чанго адаб рехсон буго, гьезул цо-цояздаса ккола: Кьижулаго какичуриялда вукIин ва сивак бахъи. Хирияб хIадисалда буго: «Мун кьижизе вегулеб мехалда, как базего чурулеб гIадин кикичури гьабе, кванараб хьибилалдаги вега», - ян.

– Какичуриялъул алат хIадурун тей, сивакги аскIоб лъей, ворчIарабго гIибадат гьабизе вахъине нияталда.

– Кьижулелъул киналго мунагьаздаса тавбу гьаби. Киналго бусурбабаздехун ракI лъикI гьабун ва гьездаса тIаса лъугьун. Цонигиясда зулму гьабизе яги мунагьаб иш гьабилин ворчIигун ракIалда букIунгутIи.

– Бусен хIадурулелъул цIакъго тамахаб ва рахIатаб гьабичIого тей.

– Макьу бергьинчIого кьижунгутIи. Амма хехго вахъине ракIалда бугони, бегьунгутIи гьечIо.

– Къиблаялдехун вуссун кьижи.

– Кьижилалде цере цIалулел дугIаби цIали. Лъабго къулгьуги, къулагIузабиги хъатиниреги цIалун, тIубараб черхалда бахъила вегилалде цебе. Вегидал «аятул курси», ай Аллагьу лаилагьа илла гьува цIали ва тасбихIал гьарулаго кьижи.

– Кьижулелъул ракIалде бачIинабила макьуги хвалил цо бутIа букIин ва макьидаса ворчIиги хун тун хадур тIаде рахъинариялъул цо бутIа букIин.

– Макьидаса ворчIидал Аллагьасе реццги гьабулаго бихьизабураб дугIа цIали.

Гьал руго цIакъго чара гьечIел адабаздаса чангоял. ГьаздагIаги тIадчIей гьабуни, кьижарав чиясе щибго хIинкъи букIинаро, иншаАллагь. Амма гьел цIунуларесеги щибго божи букIин щакаб буго макьилъ хIинкъизавиялдаса. Аллагьас кумек гьабеги.

Мурад МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...