Аслияб гьумералде

Баракаталъе сабабал

Баракаталъе сабабал

Баракаталъе сабабал

Бусурманчиясул гIумруялда жаниб сундулъго цебетIей букIуна баракат бугони. Къоялда жанир тIуразе рукIаралщинал ишал гьарун бажарула, заманалъулъ баракат бугони. Щибха гьабизе кколеб, Аллагьас гьелда баракат лъезе ккани?

 

– Бисмиллагьалдалъун къо байбихьи. Аварагас ﷺ абуна ﷺ: «Бокьараб иш-калам, жиб бисмиллагьалдалъун байбихьичIеб, камилаб букIунаро» (Ахмад). Гьединлъидал, радал рорчIидалги щибаб ишалъул авалалдаги бахъила бисмиллагьи ррахIмани ррахIим.

– Хехго тIаде рахъин ва рогьалил как заманалда бай. Аллагьасул Расулас ﷺ гьадинаб дугIа гьабуна: «Я Аллагь, дир умматалда баракат лъе радал цудунго заманалъулъ» (Тирмизи). Гьелдалъун ризкъиялъулъги лъола баракат.

– Рада-радал Къуръан цIали. Рогьалил какда хадуб цIалани, жеги лъикIаб буго. Аллагьасул Каламалдасан байбихьараб къо баракаталъул цIураб букIина.

– Вирдал рабитIа заманалда тIуразари. Аллагьасул рокьулел авлияалгун бухьараб ракI, жеги зикруялдалъунги чIаголъи щвараб, къоялъ сагIат гIадин хIалтIила, кIвахI бечIай нахъе рехун.

– Гьабулеб иш какалда сверухъ гIуцIе. Ай, ишазда гьоркьоб баккараб заманалъ как бан гуреб, как заманалда бай. Заманалда как бай букIа хIисабалде босун, хутIарал ишал гьезда гьоркьор рекъезаре.

– ХIарамаб рехун тей, тавбу гьаби. Аллагьасул ццин бахъинабулеб, мунагьлъун кколеб щиналъ баракат инабула.

– Аллагьасде таваккал тIами ва дугIа гьаби. Тавфикъ кьолев Аллагь вукIинги кIочон, жинцаго щиб бугониги нухда билълъанхъизабизейин инсан лъугьани, гьеб ишги баракат бахъараб букIуна.

– Цогидазе кумек гьаби, диналъул вац-яцазул хIажатал тIурай. ХIадисалда абун буго: «Аллагь вукIуна Жиндир лагъасул хIажатал тIуралевлъун, гьев лагъ диналъул вацазул хIажатал тIуралев вугевгIан заманаялъ» (Муслим).

– Кьижилелде цебе 33 субхIаналлагь, 33 алхIам-дулиллагь, 34 Аллагьу акбар аби. Бухариясги Муслимицаги бицараб хIадисалда рекъон, ФатIимат, рукъалъул пишаби гIемерлъун, захIмалъиялде ккедал, гьелъ Аварагасда ﷺ кумекчIужу кьеян гьарана. Гьелдасаги лъикIаб жинца дуда малъилин абун, гьаб цIализе малъана Аварагас ﷺ. Гьаб буго баракат лъеялъе бищун бигьаяб къагIидабазул цоябги, суннат тIобайги. Гьал калимаби цIалиялда тIадчIей гьабурасе Аллагьас кьола тавфикъги хIалги киналго ишал жинцаго камилго тIоразе.

 

Хадижат Хизриева

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...