Аслияб гьумералде

Риидалил дарсал

Риидалил дарсал

Риидалил дарсал

Рецц Аллагьасе буго гIелму цIализе ресал нилъее кьурав. Гьединго рецц Аллагьасе буго гIелму малъизе гIалимзаби Дагъистаналда ратизаруралъухъги. Цебе заманалдаги Дагъистан букIана гIалимзабазул къебелъиян абун цIар бугеб бакI. Гьелъие нугIлъи гьабула дунялалдаго цIар рагIарал гIалимзаби Дагъистаналдаса рукIиналъги.

 

Халкъалъул дунявиябгун рухIияб рахъ лъикIлъизе ккани, жамгIият букIине ккола динияб лъай бугеблъун. Лъай гьечIеб бакIалдаса баккулареб чороклъиги гIантлъиги букIунаро. КигIан заман цебетIураб бугониги, жагьилаб жамгIият нахъе ккараблъунги рикIкIуна. Жагьилаб халкъ гуккизеги бигьаяб букIуна. Кинаб питна баккулеб бугониги, гьелъул церехъабаз хIаракат бахъула жагьилаб бакIалде ине, жидерго хIалтIи цебе билълъинабизе.

Дунял бижаралдаса жакъа къоялъ гIадинал лъикIал ресал гIелму цIализе бугеб мех тIокIаб букIунго батиларо Дагъистаналда. ГIелму цIализе бокьарасе, цогидаб жоялъул ургъел гьабичIого, жиндирго гIелму цебе бачине ресал гIунги тIокI руго.

Щибаб мажгиталда школлъималазе Къуръан ва исламалъул аслаби лъазаризе рес буго. Школа лъугIарасе, мадрасабазде ун, гъваридго гIелму цIализе санагIалъиги буго. Мадрасалда цIалун вахъарасе гIелму камил гьабизе, тIадегIанаб лъай щвезе аспирантураги буго.

Гьаниб бицинчIого гIоларо, риидалил гIодоркъояз лъимал школалдаса хIалхьиялда ругеб мехалъ, мажгитазда гIуцIулел курсазулги. Гьеб буго школалда рукIиналъ цIализе рес щвечIезе, гьединго, рахIаталда ругел лъимал цониги лъикIаб жоялде руссинаризе гIуцIараб хIалтIи. Нилъеда лъала халат бахъараб лъабабго риидалил моцIалъ лъимал гIадада рукIунеллъи. Гьеб заманалда жаниб лъимал ругьунлъизе рес буго гIемерго беццулареб хьвада-чIвадиялдеги. Гьединал рахъаздаса цIунизелъун рукIине лъимал мажгиталде ритIулел ругони эбел-инсуе ургъел гьабизе жоги букIинаро.

Гьел курсазда гьабун буго цIакъ санагIатаб программа. Гьелда гъорлъ руго хIаялъул къоги. Гьединго цIалулеб мехги. Гьелда гьоркьоб чай-какао гьекъезе заманги. Жеги гьезие гIуцIула гIаммал диниял насихIаталги. Курсазул ахиралда рукIуна цIалараб жоялда тIасан къецалги. Гьел тIоритIула спортивиял рахъаздаги. ХIасил гьабун абуни, лъималазул гъира балеб, гьезул рокьи цIикIкIунебщинаб жо ургъун данде гьабун гIуцIун буго программа.

Нилъее, ай эбел-инсуе хутIула гIицIго лъимал радал рахъинарун мажгитазде ритIи. Гьеб ишгIаги нилъеца гьабичIони кинаб тарбия кьунин нилъеца абилеб Къиямасеб къоялъ. Аллагьас ﷻ кумек гьабеги кинабго лъикIабщиналъе! Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...