Аслияб гьумералде

КIалбиччаялъул байрам

КIалбиччаялъул байрам

КIалбиччаялъул байрам

Гьале исанаги тIаде щолеб буго КIалбиччаялъул байрам. Бусурбабазул кIиго кIудияб гIидалъул цояб ккола гьеб. Дагъистаналдайин абуни гьеб тIобитIула цIакъго цIикIкIараб кIварги кьун. Амма нилъеда гьеб гIадат хIисабалдацин бихьулеб бугин ккола. ХIакъикъаталдайин абуни гьеб буго Бичасул аварагасул ﷺ суннат тIубан загьир гьабулеб рохел ва цоцазда барки. ГIибадат жинда жаниб хирияб къоги ккола гьеб. Гьединго, гIидалъул сордо чIаго гьаби бихьизабун буго борчIизе суннатал щуго сардазда гьоркьобги. Гьеб буго жинда жаниб кIал кквезе хIарам гьабураб къоги.

 

ГIидалъул къоялъул хиралъиялъул хIакъалъулъ «ИтхIафалда» хъван буго: «Гьаб умматалъе гьеб гIидалъул кIвар буго ГIарафа ва гьелдаса цебесеб къоялъ гIемерал лагъзал жужахIалдаса тархъулел рукIиналъ. Рамазан моцIалдаса хадуб бугеб гIидалъ тархъулелго гIадин. Щайин абуни, гьелдаса гIемер жужахIалдаса гIадамал тархъулеб къо букIунгутIиялъ», - ян.

Кинха рохиларел бусурбаби гьеб кIиябго гIидалдаса, жужахIалдаса гIемерав чи хвасарлъулеб мехалда?

ГIидалъул къоялъ бакъ баккидал, бусурбабаз борхун гьаракьгун такбир бачуна. Такбир бихьиназ борхун бачуна къватIиб, мажгитазда ва рокъоб. Руччабаз бачуна бигьагьабун. Такбир бачуна щибаб какда хадуб, какил азкаразда цебе, хIатта жаназаялъул какалда хадуб, ахирисеб ташрикъалъул къоялъ бакъаникак бан лъугIизегIан.

ГIидалъул сордо суннатаб буго гIибадаталда тIобитIизе. Гьеб сордоялъ Аллагьас ﷻ жиндирго лагъзадерил дугIаялъе жаваб гьабула. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «ГIидалъул сордо тIобитIарав чиясул ракI Аллагьас ﷻ чIаго гьабула, ракIал холеб къоялъ», - ян. (ТIабарани)

ТIубараб сордо гьедин тIобитIизе бажарулеб батичIони, лъабил бутIагIаги тIобитIун тела. Гьебги бажарулеб гьечIони, рогьалил как жамагIаталда бала.

«ХIашияту Ширкъавиялда» хъван буго: «ГIидалъул сордо тIобитIиялъул бищун дагьаб буго рогьалил ва боголил как жамагIаталда бай. Сордо бащалъун хадуб ва какда цебе суннатаб буго черх чуризе. Гьелъие ният гьабила суннатаб черх чуризе», - абун.

Гьединго лъикIаб буго малъал къунцIизеги. ПалхIасил, рацIцIалъи гьабила.

Какде иналде цебе ретIила бацIцIадаб ретIел, гьабила берцинаб махI. РетIел хъахIаб ретIинеги хирияб буго. Амма гьелдаса лъикIаб, багьаяб ретIел батани, гьеб хирияб буго.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...