Аслияб гьумералде

ЦIияб сон

ЦIияб сон

ЦIияб сон

ХIурматиял бусурбаби! Гьале тIаде щвана гьижрияб тарихалъул 1445 сон. Гьебгощинаб заман ана Бичасул аварагас ﷺ Маккаялдаса Мадинаялде, дин тIибитIизабизелъун, гьижра гьабуралдаса. КигIан гIемераб лъугьа-бахъин ккун батилеб гьелщинал соназ исламалъул ва инсанияталъул тарихалда жаниб? КигIан гIемер бечедав, хIакимав, черхалъул хIал бергьарав чи ракьалда лъурав жиндие бихьизабураб замана лъугIидал? Нилъерги къисмат гьединабго буго. Гьелъул пикру гьаби тани, ахир хехго тIаде щун батула.

 

Унел соназда нилъ хадурго гъолел гьечIин кколеб буго гьаб ахираб заманалда. Кутакалда баракат бахъун бугеб хIисаб буго гьаб заманалдаса. Амма гьеб буго нилъго нилъецаго гIодоре риччазариялъе бачунеб багьана. Заман кидаго цого букIуна, нилъго руго хисун. Кваницаги рахIатазги мехтун руго. Кинаб квендай къасиялде гьабила, лъицаниги гьабичIеб батIияб щибдай гьабилаян абураб масъала буго нилъер руччабазе бищунго захIматаблъун. ГIатIаца мехтарав гIаркъица мехтарасдасаги квешавин абухъего, рахIатаз мехтиялъ ахираталъул нух бадиб сурсур лъугьун гурони бихьулеб гьечIо. Цинги тохлъукьего унтиялъ яги хвалица къвал жемидал кватIун ккунги батула. 

Щибха нилъее къваригIараб жо гьаб заманалда. КигIан кIваниги гIибадат гьаби цIикIкIинаби буго. ГIемер Аллагь рехсеялъ гурони дунялалдаса ракI батIа гьабуларо. РахIат гьабулелдаса гIибадат гьабулеб заман цIикIкIинабиялда щивав чи жиндаго тIад хIалтIизе ккун вуго. Гьедин гьабичIони, метер кватIун ккун батула.

ГIибадат цIикIкIинабиялъеги тIокIаб бигьаябги, щулиябгун мухIканаб нух гьечIо тIарикъаталъул хIакъикъияв устарасухъеги ун, гьес малъараб куцалда гIибадат гьаби гурони. Бечедал гIадамал жидер боцIиялде мугъчIван, гIалимзаби - жидерго мухъал лъаялда божун, гIолохъаби - жидер жаналде руссун рукIиналъ, гIибадат кIочонеб буго. Гьедин тирулел руго соналги. Цинги нилъги гаргадулел руго гьанже сонал хехго унел рихьулищин абун.

Щивав чияс пикру гьабизе рекъараб буго жиндирго араб гIумруялъул. Гьелда жаниб лъугьа-бахъаралъул. Сундул бетIерлъун жив вахъарав ва лъил гьунар гьебин абун. Гьабизе бажаричIеб нухда щиб жиндир хутIараб жо бугебалиялъулги хIажат буго хIисаб гьабизе. Гьелдаса хадуб гьабизе рекъараб буго хIасилги. Нилъеда лъала, хIисаб-суал гьечIелъуб хIасил лъикIаб букIунареблъи.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...