Аслияб гьумералде

Рокъове вачIунев мугIалим

Рокъове вачIунев мугIалим

ХIурматиял «Ас-салам» казият цIалулел бусурбаби, магIарулал. Гьале къогоялдасаги цIикIкIун сон ана гьаб казият къватIибе биччазе байбихьаралдаса нахъе. Гьеб заманалда жаниб гIезегIан хиса-басиги ккана дунялалда. Гьеб киналъулго бицун гьабсагIат рагIалде бахъинаро. Амма диналда жаниб ккараб хисиялъул бицинчIогоги гIеларо. Гьаб казият къватIибе биччалелдаса нахъе гьебги хъвалев, цIалулев чиясулги гьелдехун хурхен гьечIев чиясулги батIалъи бугодаян гьикъани, узухъда буго. Гьебгиха чIегIералдаги хъахIалдаги гьоркьобгIан кIудияб. МоцIида жаниб кIиго нухалъ жинца исламалъул хIакъалъулъ ахIкамал ракIалде щвезарулесулги, гьезде гIагардего къаларесулги ращалъи букIинищ?

Гьанибго абун тела, исламияб казият жидеца хъвалеб жамагIаталдаги гьеб аскIобе биччачIезулги кинаб батIалъи баккарабалиги. «Ас-салам» казият жидеца хъвазеги хъван гьеб цIалулел, жидехъе витIарав имамги къабул гьавун, гьесул насихIатазухъги гIенеккарал, мадрасалде лъималги цIализе ритIарал жамагIатазул диналъул бичIчIи щвеялъул рахъ лъалаго борхана, баракат цIикIкIана, исламалда жанир ругел мекъал рикьалабазде гьоркьоре гьезул гIолилал ккечIо. ЦохIо гьеб гурони тIокIаб пайда букIинчIебани, гьебцин гIелаан.

Балагье, дагьаб гIакъубайищ ккараб расги гIайиб гьечIел гIадамазе росулъа цо чанго чи лъикIал гурел къокъабазде гъорлъе лъугьунин абун. Гьел гIолилазул исламияб лъай букIарабани гьенире ккечIого рукIине ресал гIемер рукIана. «Ас-салам» казияталда гIемерал макъалаби рукIана гьезул мекъал рахъал къватIир чIвазарулел, исламалъулги тIарикъаталъулги битIарал рахъал баян гьарулел. Гьайгьай гьеб цIаларал гIадамал, БетIергьанасул кумекалдалъун, хвасарлъана гьединал балагьаздаса.

Жинда жанир цIаларал гIадамал ругел, амма казият хъваялъе ва гьеб тIибитIизабиялъе къвал къачIел росабалъги ккана гьединал лъугьа-бахъинал. Щайин абураб суал баккизе бегьула гьаб бакIалда. Щайгурелъул росулъ вугев цIаларав чи жиндирго магIишаталда вукIуна, гьесул вагIза щибаб рокъобе щоларо. Гьеб щвезабизе гьесулги кIудияб гъира букIунаро. Амма гьединазда гьоркьор камулел гьечIо казият хъвазе кколарин абулелги, гьелъие гIиллалъунги бачунеб батула гьеб чорокаб бакIалде ккезе рес бугин абураб.

Гьединаб бакIалде нилъеца рехичIони кколарогури. Казияталъул адаб гьабиялде ахIизе кколеб бакIалда цо-цояз лъикIаблъун рикIкIунеб батула гьеб хъвачIого тей. Гьеб пикру битIараб гьечIолъи лъималаздаги лъалеб жо буго. Гьединав чиясе халкъалъул яги гьеб чорокаб бакIалде ккеялъул гуро бугеб ургъел. БукIарабани, гIелму цIикIкIиналде гIадамал рачунеб кинаб нух батаниги, гьелде тIоритIилаан гьес. Аллагьас кантIизареги.

ГьабсагIатги исламалъул тушбаби кьижун гьечIо. Кинаб бугониги гъара гьабизе ургъулел руго. Гьеб буго къиямасеб къо чIезегIан букIине бугеб хIалги. ЛъикIалги квешалги гIадамал дунялалдаса камизе гьечIо. Амма лъикIаб нух тIаса бищаразе талихIги, квешалде ккарасе талихIкъинги буго. БитIараб нух бокьарасе кумекалъе бугеб гьудул ва мугIалим буго «Ас-салам».

Гьанже гьеб хъваялъул хIакъалъулъги абилин чанго рагIи. Гьаб заман буго кинавго чи зигардилевги вугеб, амма цоясдаса лъикI цогидав лъикIаб яшавалдаги ругеб мех. Балагье, щивав чиясул рокъоб бугеб столалде. Риидалин, хасалойин абун батIалъи гьечIого кьер-кьерал нигIматазул ва Дагъистаналда рижуларел пихъазулцин цIун руго гьел. Гьединги букIаго, дагьалги санагIалъаби лъикIлъизаризе хIалтIулел, гьелъие налъаби гьарулел нилъги руго.

«Ас-салам» газета цIалулел

Гьединаб гьаб заманалда «Ассалам» казияталъул лъагIалил подпискаялъул багьа буго азаргоялдаса дагьабго цIикIкIун гъурущ. Гьеб багьа бугеб казият хъвазейин абун нуцIида кIутIун рокъове чи вачIиндал, гьелъие рес гьечIин абун нахъчIвалелги камулел гьечIо. Гьеб гIемераб магIишатищ кколеб? Тукаде ани, гьелъухъ кигIан жо щолеб? Нилъеца гIададаго гIадин харж гьабулеб гIарац дагьабищ бугеб? ЦохIо интернет босе.

Рос-лъадул яги рокъоб бугеб вай-фаялъухъ уна гьеб гIарац. Гьеб щайха гьабичIого толареб, рес гьечIинги абун. Гьединго ратIлиде, кваниде кигIан гIемер гIарац нилъер унеб? МоцIрое щванщинаб мухь кванихъги ратIлихъгун рукъалъухъги ва рахIатазухъги кьун лъугIуларищ нилъер? Гьебги гьедин телаан, метер къиямасеб къоялъ Аллагьасда цере чIараб заманалда кибейин нужеца хвезабураб Дица кьураб магIишатин гьикъани, щиб жаваб кьезе бугеб? Интернеталъухъ кьунин яги кIудияб мина банинищ абизе бугеб?

Гьединго нилъер ккараб мукъсанлъиялъул хIакъалъулъ цIехани, щиб жаваб гьабилеб? Нижеда гьеб лъачIин абуни, рокъове витIун вукIанин нужехъе мугIалим, амма гьев къабул гьавичIин абуни, кире кIанцIилел? Гьадинал суалал жакъа маргьу гIадин кколел ругониги, чара гьечIого нилъее кьезе ругел жал руго. РачIа киназго цадахъ лъугьун «Ас-саламги» хъвазин ва гьелда жаниб батаралда гIамалги гьабизин!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Балагь-къварилъи

Бусурбанчиясе, тIаде рачIунел тIабигIиял балагьал, букIа гьеб ракь багъари, гьурал рахъин, гIаммал унтаби, лъим кIанцIи ва цогидалги, гьеб буго бечедав-мискинав абун течIого, щивав чи кумек, хвасарлъи тIалаб гьабун къватIиве вахъунеб заман. Гьеб хIалалъулъ чияда ракIалде щола дунял тIаса ине,...


КIиябго рокъоб талихI щвела

Нилъер диналда ригьин гьаби буго гIадат гуребги, цIияб гIумруялде гали тIамулеб, гъваридаб рухIияб магIна жиндилъ бугеб динияб къотIи-къай.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялде тIоритIел гьабулел гIаламатаздасан буго гьес нужее...


Нилъехъ балагьун кьола къимат

Нилъер диналда ритIухълъи ккола цIакъ къимат бугел тIабигIатаздасан. Гьеб ккола инсанасе къимат кьолел жалазул бищун кIвар бугездасанги.   Гьеб ритIухълъиялъ жанире рачуна Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабиялъулъ бацIцIалъи гIадал, цинги шаргIиял тIадкъаял тIубай гIадал, Аллагьасдехун бугеб...


БакI теларо

Нилъер гIумруялъулъ рукIуна гIадатияллъун рихьулел, амма Аллагьасда цебе кIудияб кIвар бугел жал. Гьединал, кIочон тарал суннатазул цояб ккола как балеб мехалда мухъал ритIизари. ГIемерисез гьеб кIвар кьечIого тола, гьеб битIахъего нилъер какил даражаялда ва гIадамазда гьоркьоб бугеб цолъиялда...


ХIажатазе кумек гьабула

БетIергьанас ﷻ халкъ бижун буго цоцазе кумек гьабулеллъун, ай цоцада жидер гIумруялъул шартIал хурхараллъун. Гьединлъидалин паризаяб закагIаталде тIаде суннатаб садакъа кьейги лъикIаблъун бихьизабун бугеб исламалда жаниб. Дагъистаналда руго гIезегIан гурхIел-рахIмуялъул фондал.  Гьезул аслияб...