Аслияб гьумералде

РабигIул аввалалде хIадурлъи

РабигIул аввалалде хIадурлъи

РабигIул аввалалде хIадурлъи

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щолеб буго жинда жанив халкъалъулго хирияв МухIаммад авараг гьавураб рабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалде хIадурлъи гьабизе кин рекъараб букIинебин абураб суалалъе жаваб балагьизе ракIалда буго гьаб макъалаялда.

 

Лъиего балъгояб жо гуро рабигIул аввал моцI Бичасул Авараг ﷺ жинда жанив гьавураб заман букIин. Гьединлъидал гьеб тIубараб моцIго хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIумру лъазабулаго, гьесде салават гIемер битIулаго тIобитIизе лъикIаб буго. Къуръаналда  абулеб буго: «Нужее Аллагьас кьурал нигIматал нужеца рехсе, рице», - ян. Цоги аяталда буго: «Дуца гьезда бице, Аллагьасул рахIмат-цIобалдалъун нужеца рохел загьир гьабеян абун» (сура «Юнус», аят 58). Бичасул Аварагасдасаги ﷺ кIудияб рахIматги цIобги кинаб букIине рес бугеб? Гьединлъидалин хирияв Авараг ﷺ гьавураб моцI тIаде щвейгун нилъеца рохел загьир гьабун гьесде гIемер салават битIулеб, гьесул гIумруги лъазабулеб.

Соналда жаниб цогидал моцIазда гьоркьоб рабигIул аввалалъгIаги Бичасул Авараг ﷺ ракIалде щвечIони, гьесдехун нилъер рокьи кин цIикIкIине рес бугеб? Рокьи бачIине ккани, гьесул гIумру лъазе ккола. ГIумру лъалеб бугони, нилъеда бихьула гьесул камилал тIабигIаталги, букIараб берцинаб рукIа-рахъинги, диналъе букIараб жигарги ва цогидабщинабги.

Бичасул Аварагасул ﷺ гIумру лъазе рес буго гьелъул хIакъалъулъ хъварал тIахьал цIалун. Гьединго руго назмуялда хъварал мавлидал, туркаби. Руго хIадисазул тIахьал. Гьединго рес буго хирияв Аварагасул ﷺ гIумру бицунел вагIзабазухъ гIенеккизе.

Дагъистаналъул халкъалъул гIадатлъун лъугьун буго Бичасул Авараг ﷺ кIодо гьавун хасаб мажлис гIуцIулеб, гьелда цIарги мавлид абун буго. Гьеб мажлисалда данделъула гIага-божарал, мадугьаллъи ва лъале-хъвалел. Гьенир цIалула ва ахIула хирияв Аварагасул ﷺ гIумруялъул хIакъалъулъ ругел назмаби ва мавлидал. Гьабула садакъа.

 

 

 

 

Гьелде тIадеги дица лъикIаблъун рикIкIуна рабигIул аввал моцI бачIинегIанго цебе, Аварагасул ﷺ гIумру лъазабизе байбихьизе лъикIаб букIинин абун. Кинабго хъизамго данделъун, сордо-къоялда жаниб цо хасаб заман бихьизабун, гьесул гIазизаб гIумруялъул хIакъалъулъ хъвараб назму, мавлид ва цогидаб тIехь цIализе. Гьединаб гIадат лъугьани, лъималазул чорхолъги бессула гьеб пикру. Щибаб соналъ гьебго заман бачIиндал, лъазе буго Бичасул Авараг ﷺ ракIалде щвезавизе рекъараб букIин.

Жеги гьелда жаниб гIемерал пайдабиги руго. Иргадулаб нухалъ Бичасул Аварагасул ﷺ гIумру ракIалде щвезабулаго, къасд ккола цебехун гьабулеб букIинчIеб цониги суннат гьабизе. Гьединго кколел рукIарал карагьатал ишал ва мунагьал тезе щулияб къасд ккола. Аслияб мурадго гьеб гурищ нилъер, ай тIубараб гIумруго Бичасул Аварагасулалда ﷺ релълъинаби, гьесул киналго суннатал тIуразари. Балагье Бичасул Аварагасул ﷺ асхIабзабазухъ, хириясул ﷺ кинаб суннат букIанин рагIаниги, гьез хIаракат бахъулаан гьеб тIубазабизе. Масала, къарзалъе жо кьеялъул ва налъи гьабиялъул хиралъиялъул хIакъалъулъ Аварагасул ﷺ хIадисал рагIидал, асхIабзабаз гьеб суннат тIубазе букIине цоцахъа налъи босулаан. ГьедигIанги хIаракат бахъулаан Аварагасул ﷺ цониги суннат гьоркьоб биччачIого тезе. Гьездаго нахърилълъун нилъееги къваригIун буго гьединаб кIвар Аварагасул ﷺ суннаталъул гьабизе.

Цоги, рекъараб букIина хъизан-лъималазе Аварагасул ﷺ моцIалда хурхинабун хасал сайгъатал гьарулеб гIадат гьабуни. Гьединал ишаз лъимазул чорхолъ бессизе буго хириясдехун ﷺ рокьи. ТIубараб соналъ гьел ралагьун чIунги рукIине руго гьел сайгъатазухъ.

Рекъараб букIина рокъоб, рабигIул аввал тIаде щвеялда хурхинабун, байрамалъул гIаламатал гьаруни. Цогидал байрамазего гьарулелгIадал хъвай-хъвагIаял ругониги, цоги къачIа-кIатIаял ратаниги.

Жеги рекъараб букIина бокьараб данделъиялда гIададисеб хабар бицунеб бакIалда гьеб моцIалъгIаги Бичасул Аварагасул ﷺ хIакъалъул хабар, дагьаб заманаялъ бугониги, бицани.

Гьединал хIаракатал нилъеца гьаруни, хьул буго Бичасул Аварагасул ﷺ гIумруги нилъеда лъалин, гьесдехун рокьиги нилъелъ цIикIкIинин ва гьесул шафагIаталъе киналгоги мустахIикълъилин абураб.

Аллагьас тавпикъ гьабеги!

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...