Аслияб гьумералде

Унтабазда сабру гьабиялъул даража

Унтабазда сабру гьабиялъул даража

Унтабазда сабру гьабиялъул даража

БетIергьанас инсан вижун вуго жиндир черх камилав, сурат берцинав ва цогидазе кьечIеб гIакълуги кьун. Гьелде тIадеги гьес гьабураб лъикIаб гIамалалъухъ кири-даражаги кьолеб буго, ккараб мунагьалда ракI бухIун тавбу гьабиялдалъун БетIергьанасе вокьулевги вуго, кигIан гьитIинабги къварилъиялда сабру гьабиялъухъ алжанги щолеб буго.

Хирияб хIадисалда буго: «Дун гIажаиблъула бусурбанчиясул амруялда. Гьесул кинабго иш гьесиего лъикIлъиялъе буго, гьединаб жо муъминчиясе гурони цогидазеги гьечIо. Гьесде рохел бачIани, гьелъухъ шукру гьабила, гьебги жиндиего пайдаяб буго. Нагагь къварилъи-захIмалъи бачIани, гьелда сабру гьабила, гьебги жиндиего пайдалъе буго», – ян.

Гьаб макъалаялда аслияб кIвар буссинабизе бокьун буго гьаб заманалда тIибитIун бугеб вабаалъул унтиялда сверухъ нилъеца гьабулеб ургъелалъул, гьелдаса нилъее бугеб заралалда сабру гьабиялъул кинаб даража букIунебали абураб масъалаялда тIасан. Дунялалъул рокъоб къварилъи ккечIого цониги чи вукIунаро, амма гьелда сабру гьабиялъул кириялъул ва даражабазул бицун буго гIемерал хIадисазда.

Бичасул аварагас абулеб буго: «Балагьал тIаде риччараб агьлуялъе къиямасеб къоялъ кьолел даражаби рихьараб мехалъ дунялалда гIемер къо бихьичIел гIадамазда кколила жидерги тIомал кIвекьмаххаз къотIкъотIун рукIараланищан», – ян.

Балагье нилъехъго, кин хIинкъун ва бокьуларого рукIунел руго нилъ дунялалдаяли. Цоги хIадисалда буго:

«Къиямасеб къоялъ цеве вачун вачIунила шагьид, хIисабсуал гьабизе унила, хадув вачунила дунялалда гIемерал садакъаби гьарулев вукIарав чи, гьесиеги хIисаб-суал гьабизе витIулила. Дунялалда жидеде тIаде балагьал тIамун рукIарал гIадамал рачун рачIунила, гьезие щибго хIисабдиван гьабичIого, гIемерал шапакъаталги кьун риччан толила», – ян.

БетIергьанас цониги чи кIудияб даражаялде вахинавизе бокьараб заманалда гьесде тIаде къварилъаби риччала. Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго хирияб хIадисалъги:

«Цониги чиясе даража кьезе БетIергьанас хъвараб заманалда, жиндирго гIамалалдалъун гьелде щолевги гьечIони гьесие бокьуларебщинаб жо тIаде тIамула гьеб макъамалъе мустахIикълъизегIан», – ян.

Гьанже тIибитIараб унтиялъул аслияб гIаламатги буго чорхол цIа-кан бахин. Гьелъул хиралъиялъул хIакъалъулъ хIадисалда абулеб буго:

«БетIергьанас муъминчиясул киналго мунагьал чурула цо сордоялъ цIа-кан бахиналдалъун», – ян.

Дагьа-макъаб унта-щокълъи тIаде бачIиналдалъун нилъ цIакъ рахIатхун лъугьуна. Гьелъул хIакъалъулъ Бичасул аварагас абулеб буго:

«Унтараб мехалъ рахIатхун лъугьунев муъминчиясда дица тамашалъи гьабула. Гьеб унтиялъухъ бихьизабураб даража гьесда лъалебани тIубараб гIумруялъго унтун вукIине бокьилаан гьесие», – ян.

ХIурматиял диналъул вацал, нилъеде тIаде биччараб захIмалъиялда сабру гьабунги кьолеб даражаялъул хIисаб гьабе. Нилъее хутIула БетIергьанасул къадаралда цохIо разилъун рукIин ва тIаде бачIараб захIмалъиялда сабру гьаби. Аллагьас сабру гьабуразул даражабазе мустахIикълъаги киналго нилъ!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...