Аслияб гьумералде

ГIамал куцалев устар

ГIамал куцалев устар
Рекlел кlутlи рикlкlун зикру малъулев,
Жиндир гьими бихьун бакъги гвангъулев,
Гlелмуялъул нуралъ нухал рагьулев,
Нилъер муфтиясул дагьаб бицинин.
Тlолабго Дагъистан жиндий налъулав,
Ислам икълималда щущазабурав,
Гьайбатаб гьуинлъи, диналъул бичlчlи
Щибаб бокlоналда щула гьабурав.
Жагьлуялъул бецlлъи нахъе рехарав,
Гlелмуялъул кунчlи щущазабурав.
Ракlалъул унтаби нахъеги рехун,
Матlу гlадин вацlцlун мурид къачlалев.
Бусурманчиясул аслияб мурад,
Аллагьасде щвезе квер ккун вачунев.
Камилаб куцалда Бетlергьан рехсон,
Мурид ругьун гьавун, хвасар гьавулев.
Мажгит-мадрас гуреб, рес щварабщинаб
Кирего ритlана насихlатчагlи.
Дагъистан гуребги, Россиялдеги
Дагlваталъул чlорал щвана гьенирги.
Жидер бичlчlи гьечlел, ракlал чlегlерал,
Бахьи гьечlел гlемер гаргаданиги,
Нилъер гlадав муфти кивниги гьечlо.
Щукру цlикlкlинаби рекъараб буго.
Кинги гьесул адаб-хlурматги гьабун,
Рачlа, бусурбаби, кlвараб гьабизин.
Цоцазулъ лъикl рукlун, исламги цlунун,
Нилъерго лъималги гьелда куцазин.

ХАДИЖАТ ХИЗРИЕВА

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...