Аслияб гьумералде

Расул ХIамзатовасул 98 сон тIубаялде

Расул ХIамзатовасул 98 сон тIубаялде

Эбелалде

Эбел, кӀочонаро гьитIинаб мехалъ,
Дун къватӀахъ кватIигун, кидаго дуца
ГортIа лъун толаан бакараб чирахъ,
Ва къирун толаан къачIого каву
ВачIунаан рокъой, кьижулаан дун,
Кьурулаан дуца гӀодобе чирахъ.
Балагьулаан мун, къан бугищ нуцIа,
Къулулаан тӀаде, сордо лъикI васин.
Сонал ана... гортIа чирахъ кенчIана,
Дур васаз иргадал росу нахъ тана.
КвегIаб берзул магӀу кваранаб квералъ
КигIан гӀемер балъго дуца бацIцIараб.
МугIрузда сверана сурмиял накIкIал,
РакI бекун пирхана мех-мехалъ пири.
Цоял васал ана руссунарелъуй,
Цогиял кватIана духъе руссине.
Эбел, дир соназул гьал сверабазда,
Дида росуцояз бицунеб буго:
Дуца рогьинегIан гlaгaрaб гортIа,
ГӀодой кьуруларин бакараб чирахъ.
Дуца гьанжелъагIан къирун тун ругин
КъачIого каваби васас рагьизе.
Мун балагьун йигин кватIарал лъимал
Кидадай руссина жидерго гъасде.
Дир хирияй эбел, ана дир нухал,
Нухаз, рахсаз гIадин, вухь-вухьана дун.
Ана гIолохъанлъи митингазда дир,
Хъуй-гьура гIемерал, пикраби дагьал.
Черхалдаса бетӀер батIалъунищан,
Гьебги квераца ккун ватула гьанже.
Дирго сураталде тӀадеги къулун,
Къойил тушман гӀадин вагъула гьебгун.
Дица балъго, эбел, кваранаб квералъ
КвегIаб берзул магIу бацIцIуна сардилъ.
Дун вачӀина духъе, вачина духъе,
Чирахъ гӀодой кьурун, кьижа, дир мискин.
Щвела дун росулъе, щвела рокъове,
Къирун тараб каву къай, дир хирияй.
Кида гьеб букIинеб, - кватIизе гьечIо,
 Каранда ракI лъурай, сордо лъикӀ, эбел.

МагIарулал

Релъи-хъуй гьечIого роххизе лъалел,
Maгly чваххичIого гIодизе лъалел,
ГӀишкъул рекIараб цIа цIунизе лъалел,
МагIарулал ругел лъикIал гIадамал.
БакIал къваридалъур ракIал гӀатIидал,
Рукъ мискинлъаниги намус бечедал,
ТIаде бачIараб къо лъимлъун къулчӀулел,
 МагIарулал ругел лъикIал гIадамал.
Льимадул гIадинаб гIадатияб ракI,
Чаранлъун къвакIула, къел гьабун хадуб.
КъваригIаралъуб рухI майилан кьолел,
МагIарулал ругел лъикIал гIадамал.
РикIкIен дагьлъаниги гьунар гIемерал,
ГӀурда тIегь бижизе чорхол би тIолел,
Божизе бегьила гьаб дир халкъалда, -
МагIарулал ругел лъикIал гIадамал.

Дагъистан

ВатIаналъул гъотIол гьитIинаб гIаркьел,
ГIаммаб хъизамалъул мустахIикъав вас,
Дир михъал кьурарав кьалул бахIарав,
Кьибилго урхъарав чодул рекIарав.
РакI лъикIаб кочIохъан, кепаб зурмихъан,
Ракьда хIетI хъвалареб лъикIаб кьурдухъан,
Мун дир чорхол рухIел, каранзул бухIи,
Дир угьулеб хIухьел, дир рекIел чIухIи.
ТIанчIазе бокьула жидерго бусен,
Бартуе бокьула жиндирго руссен.
Амма дий бокьулеб бакI гьикъун хадуб,
Дир ракIалъ ахIула дур цIар, Дагъистан.
Жегиги щобазде бакъ щвелалдего,
Бакъан букIуна дур ясазул ахикь.
Бакъ мугIрулги рахун нахъе аниги,
Нахъе рачIунаро магъилъа васал.
Махх букъулеб барти, къвекIчармил хвалчен,
ЧӀегIераб буртина, багIараб пашлихъ,
T1eрeнаб гьинкатан, меседил курхьин,
АнцIила анкьиде кьурарал гъалал.
Зодихъ берцинаб жо - гӀолохъанаб моцI,
ГIодоб берцинаб жо - махI гьуинаб тӀегь.
Амма дир берцинаб бакI гьикъун хадуб,
Дир ракIалъ ax1ула дур цIар, Дагъистан.
Дудаса рикIкIада рукIарал къояз,
Дир рекӀелъ гвангъула дур багlapaб бакъ.
МугIрул тун къватIиве, киве кканиги,
Керен гьогьомула дур гьороца дир.
Мун дир гӀумруялъул нухлул аххалъи,
Мун дир гIумруялъул нухлул тIаралъи.
Мун гьечIони дие кваричIо бакъ-моцІ,
Мун гьечӀони дие кIваричIо гIумру.
Лъимер инагьдула эбелалъухъе,
ГIолилав угьдула абуралъухъе.
Амма дун угьдулеб бакI гьикъун хадуб,
Дир ракIалъ ахIула дур цIар, Дагъистан.

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


КIиябго рокъоб талихI щвела

Нилъер диналда ригьин гьаби буго гIадат гуребги, цIияб гIумруялде гали тIамулеб, гъваридаб рухIияб магIна жиндилъ бугеб динияб къотIи-къай.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялде тIоритIел гьабулел гIаламатаздасан буго гьес нужее...


Нужее баяналъе

«БисмиЛлагьалъул» чан хIарп бугеб? – 19. «ХIа» ва «Мим» - аздаса байбихьулел сураби чан ругел? – Анкьго. Щай гьезие ХIавамим абурал цIарал кьурал? – ХIа-мим абун Аллагьас ﷻ гьел сураби байбихьун рукIиналъ. Щал гьел...


Суал-жаваб

Гамида рекIун сапар гьабулев чиясул сапар киб байбихьулеб? Шагьар бугони ралъдал рагӀалда бугеб, ракьалдасан гьенире щвезегIан рекIун ине кколелги гьечIони ва гамидал ралъдал рагӀалде бачIинеги кIолеб бугони, сапаралъул байбилъун лъугьуна (гьес как къокъ гьабизе ва тIаде росун разе гIадал...


Балагь-къварилъи

Бусурбанчиясе, тIаде рачIунел тIабигIиял балагьал, букIа гьеб ракь багъари, гьурал рахъин, гIаммал унтаби, лъим кIанцIи ва цогидалги, гьеб буго бечедав-мискинав абун течIого, щивав чи кумек, хвасарлъи тIалаб гьабун къватIиве вахъунеб заман. Гьеб хIалалъулъ чияда ракIалде щола дунял тIаса ине,...


Бахиллъиялъул зарал

БетIергьан Аллагьас щивав чи вижула гIицIавлъун. Гьединго гьесулъ букIунаро щибго къуват, кинабгIаги магIишаталъул бетIергьанлъунги вахъун вачIунаро гьев дунялалде. Гьедин дунялалде лъугьарав чиясе Аллагьас кьола рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемерал нигIматал. ТIад ретIине ретIелги, чорхое къуватги,...