Аслияб гьумералде

Гьереси бицунаро

Гьереси бицунаро

Гьереси бицунаро

ТIадегIанав Аллагьас хирияв МухIаммад халкъалъухъе авараглъун витIана, халкъалда берцинал тIабигIатал малъизе. ХIатта, МухIаммад аварагасул тIолабго хьвади букIана берцинал тIабигIатал, гьелъ аварагасги абулаан: «Дун витIун  вуго берцинал тIабигIатал тIуразаризе», - ян.

 

Инсанасулъ рукIунел бищун тIадегIанал ва хириял тIабигIатаздасан ккола «ритIухълъи, битIараб бицин». Гьелъул гIаксалда, гьереси бицин, хиянат гьаби ккола гIодорегIанал тIабигIатаздасан. ТIадегIанав Аллагьас Хирияб Къуръаналда баян гьабуна гьереси бицин муъминзабазул сипаталдасан гьечIеблъи. Гьединго, гьелда хурхун хирияв Аварагасги ﷺ абуна: «Гьереси ва хиянат хутIун, хутIаралщинал тIабигIатал муъминчиясул тIабигIатаздасан рукIине рес буго», - ян.

Муъминчиясул аслуго буго гьереси бицунаревлъун, хиянат гьабуларевлъун вукIин. Гьел сипатазулъ гьес мисаллъунги кквела, жеги махсаро хIисабалдацин гьереси бицинчIев, ритIухъав, божарав хирияв авараг ﷺ.

ГIабдуллагь бин Салам вукIана ягьудиязул ахIбаразул чи. Гьес абуна: «ТIоцеве авараг Мадинаялде щведал, дун ана гьев вихьизе, цинги гьесул гьурмада берчIвайдал, дида лъана гьесул гьумер гьереси бицунареб букIин».

ГIаишатица бицун буго: «Гьереси бициналъ гIадин, батIияб жоялъ аварагасул ццим бахъунароан», - абун.

Гьединго, аварагас ﷺ нахъзаманалда гьереси тIибитIиялъул хIакъалъулъ абун буго: «Дица нужеде васият гьабулеб буго, воре дир асхIабзабазда тIадчIей гьабе, цинги гьезда хадусеб гIасру ва гьезда хадусеб гIасруялъул агьлу, цинги хадуб гьереси тIибитIизе буго, хIатта цо чи гьедизе вуго, амма гьесул гьа къабул гьабуларо, цойги чияс нугIлъи гьабизе буго, амма гьесул нугIлъи къабул гьабуларо», - ян.

Гьереси бицин квешаб гIамалалдасан букIин бичIчIиялъе гIела, гьелъ унго-унгояб иман рекIелъ гьечIолъиялъе тIоритIел гьабулеб букIин. Салимил вас Сафваница бицун буго: «Цо нухалда аварагасда цIехана муъминчи цIуявлъун вукIунищ»? - абун. ВукIунин жаваб кьуна Аварагас ﷺ. Муъминчи бахилав вукIунищин цIехедалги, вукIунин жаваб кьуна свалат-салам лъеяс. Муъминчи гьерсихъан вукIунищин гьикъидал, вукIунарин абуна аварагас».

 

Гьереси бициналъул тайпаби

ТIоцебесеб ва бищун хIинкъараб ккола Аллагьасде ва Аллагьасул шаригIаталде гIунтIизабулеб гьереси. Инсанасда ракIалде ккезе бегьула, кинин Аллагьасде гьереси гIунтIизабулебин. Гьеб ккола Аллагьас хIарам гьабураб хIарам гьечIин аби яги Аллагьас парзлъун гьабураб парз гьечIин аби.

Чанги чIужугIадан рагIула хIетIе яги гъуждул чияр бихьиназда цебе рехизе бегьулин абулел. Чанги диниял чагIи рагIула Аллагьас изну кьураб гIамал, хIарам гьабулел. Гьединал мисалал дагь гьечIо, гьеб ккола гьез Аллагьасде гьереси гIунтIизаби.

КIиабилеб ккола аварагасде ﷺ гьереси гIунтIизаби. Гьеб гьересиялъ гьев жужахIалъул цIадаве вачуна. Гьелда хурхун Абу Гьурайратица бицараб аварагасул ﷺ хIадис буго: «Диде гьереси гIунтIизабурав чиясда абе жиндиего жужахIалъуб чIолеб бакI къачIайин».

Исламалъ кутакалда гьукъараб буго даран-базаралъулъ гьереси бицин. Гьелъ инсанасул боцIудаса баракат бахъула, ризкъи дагьлъула.

Бусурбанчиясда лъазе ккола гIицIго боцIи гIемерлъиялда жаниб баракат букIунареблъи. Щайгурелъул, чанги баракат гьечIеб гIарац щварав чи, ахиралда налъукье ккун ватула яги авариялде ккун боцIи чурула. Гьелъ инсанасе дагьаб бугониги баракатаб боцIи лъикI, баракат бахъараб гIемераб боцIиялдаса. Аварагас ﷺ абулеб буго: «Къиямасеб къоялъ ТIадегIанав Аллагь лъабго чиясда я кIалъаларо, я балагьуларо, я гьел рацIцIад гьаруларо ва гьезие букIине буго унтизабулеб гIазаб». Лъабго нухалда такрар гьаруна аварагас гьал рагIаби. Цинги, Абузарица абуна: «ЧIорого хутIарал ругин гьел, щалгIаги гьел кколел, я Бичасул расул?» - абун. Аварагас ﷺ абуна ва гьелъие гьадин баян кьуна имам Нававияс: «ЧIухIдае, хадуб цIан бугеб тIаждал яги гурдил гIагал ругев чи, мацIихъан ва гьересигун гьедун къайи бичулев».

 

Махсародего гьереси бицин

Жакъа халкъалда гьоркьоб тIибитIараб мунагьалдасан буго гьеб. Бусурбабаз махсара хIисабалда гIемер бицуна гьереси, хIатта балагьарав чиясда ракIалда ккола, махсароялъе гьереси бицин гьукъараб жо гьечIин. Гьелдаго релълъун махсароялдалъун гьереси бицуна тIоцебесеб апрелалда. Бакъ баккаралдаса байбихьун, къо лъугIизегIан бицуна гьереси. Гьеб буго бусурбанчиясул лъавукълъи ва диникълъи. Гьесда кIочон буго аварагасул ﷺ малъа-хъваял. Аварагас ﷺ абуна: «Дица махсаро гьабула, амма битIараб гурони абуларо», - ян. Гьединго, Хирияс ﷺ цоги хIадисалда абулеб буго: «Лагъас тIубанго иман лъоларо, гьес махсароде гьереси бицин тезегIан».

Гьереси бициналъ инсанасе зарал гьабула. Чан би тIураб гьереси сабаблъун? Чан бесдаласул боцIи бахъараб гьерсица? Чан къоролай гуккун, мустахIикъаб мухьалдаса махIрум гьабураб гьересиялъ? Чан чиясда рекIел унти ккезабураб?

Махсародеян абун цояс цояв хIинкъизавула. Гьебги ккола гьересиялдасан. ГьитIинаб лъимер тохлъукьего ахIдон, нахъасан хIинкъизабула. НуцIаялда нахъа рахчун цогидав хIинкъизавула. Гьеб буго гьереси, зулму, гьелда хурхун хирияв аварагас ﷺ абуна: «Нужеца бусурбанчи хIинкъизавуге, бусурбанчи хIинкъизави ккола кIудияб зулму».

Бусурбабаз лъимал ругьун гьаризе ккола гьереси рихиналде.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...