Аслияб гьумералде

Хьулги хIинкъиги

Хьулги хIинкъиги

Нилъер гIемерисел гIадамазул гIадат буго чияр гIумруялда жанир рикIардизе лъугьунеб. Хирияв аварагасул хIадис буго: «Чияс гьарурал мунагьазул гьесда рогьо барав чи, гьеб мунагьги жинцаго гьабун, гьелъул хIакъирлъи бихьичIого хвезе гьечIо», - ян абураб.

Кинавго чиясе кантIи кьолев, квешлъаби тезе тIамулев, лъикIлъиялде ахIулев Аллагь вуго. Аллагьас цIунагийин рукIине ккарал нилъги руго. Щайин абуни, аварагасул хIадисалда бугелъул: «ТIолабго гIумру квешлъи гьабулаго инабурав, амма ахиралда ракIбухIун тавбуги гьабун, Аллагьасде вуссарав, Аллагьасги къабул гьавула.

Гьединго тIолабго гIумруялъ лъикIлъаби гьарурав, амма ахиралда Аллагьасде гIасилъарав Аллагьасги рехун тола», - ян. Нилъеда лъазе рес гьечIо метерисеб къо кинаб букIинебали.

Гьединлъидал нилъ тохго рукIине бегьуларо. Хирияв аварагасул хIадисалда буго: «Чиясул иман камиллъуларо гьесда живго пиргIавнидасаги гIодовегIан вихьичIого», - ян. ХIисаб гьабидал, гьаб буго нилъер иманалъе бугеб кутакаб хIинкъиялъул бицунеб хIадис.

ЦIаларав чиясухъе ячIанила кIиго чIужугIадан. Цоялъ абунила гIолохъанаб мехалда жий росасе хиянатлъулей йикIанин, гьанже ракIбухIунги йигин.

Цогидалъ абунила жинца гIумруялда жаниб бицинегIанасеб мунагьги гьабичIин ва Аллагьасул разилъиялда гIумруги тIамунин абун. Гьелъул рагIабаздасан бихьулеб букIана чIухIи.

ЦIаларав чияс тIоцееселда абунила къватIиеги ун, дудаго босизе кIвараб гамачIги босун дихъе ячIайин. КIиабилелдаги абунила дуцаги росейин ганчIал, амма гIисинал, росун бажарарабгIан къадаралда.

Заманалдасан цояй ячIанила босизе кIвараб гамачIги босун. Цогидайги ячIанила таргьа цIурал гIисинал ганчIалгун. Гьезухъги балагьун, гIалимчияс абунила гьанже нуж айин гьел рукIаралъуре щвезаризе.

КIудияб гамачIгун арай, босараб бакIалде гьебги щвезабун, хехго тIадюссун ячIанила. Заманалдасан дой цояйги ячIанила, добго ганчIазул таргьаги баччун, жинца гьал щиб бакIалдаса ракIаралани ракIалдего щолеб гьечIинги абун.

Цинги херас абунила: «Гьедин букIунаха, дир лъимал, гIумруялда жаниб нилъеца гьарурал мунагьазулги. Гьай пакъиралда жиндирго мунагь рекIелъ къан буго, дунялалдаго гьеб мунагьалъухь жазаъги баччизе ккун буго: даимаб намусалъ юхIи гуребги, гIадамазул хабаралъул бакIлъи баччизе ккейги, Аллагьасул гIазабалдаса хIинкъиялъ даимго ракIалъе рахIат гьечIолъиги.

Дуцайин абуни, духъаго ккарал гIисинал мунагьалги гьитIинлъун рихьун, гьезде кIварги кьечIого, гьезул гIемерлъи бихьулебцин гьечIо. Ва ганчIазул цIураб таргьа батабатаралъубе чIехьезе йитIидал, гьел росанщинаб бакIалъул хIисаб биххарабго гIадин, дуца гIумруялъ гьарурал мунагьазулги рикIкIен дур гIемерлъиялъ биххун буго», - инги абун лъугIизабунила гIакъилас хабар.

Нилъеца гьарурал мунагьазул гьитIинлъиялъухъ балагьичIого, мунагьал гьарулаго кIочарав Аллагьасул кIодолъиялъухъ гIенеккизе ккола нилъ. ХIинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьор рукIинеги кутакалда беццараб буго, ай Аллагьасдаса хIинкъиялдаги Гьесул гурхIелалда хьул лъун рукIиналдаги. Аллагьасул гурхIел гIурхъи гьечIеб буго.

Хьул къотIи ккола Аллагьасул гурхIалида божунгутIи. Аллагь тIаса лъугьиналда хьулги лъун мунагьазда даимлъизеги бегьуларо. Мунагьал тезе тавпикъги гьарун, гьел чуриялъе сабабал гьарун, Аллагь гурхIиялде хьулги лъун, Аллагьасдаса хIинкъиялъул ракIги цIун рукIани, божилъи буго БетIергьанас ритIун ккезаризе ратилин абураб.

ПАТIИМАТ ХIАСАНОВА

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...