Аслияб гьумералде

Мунагьал лъазе

Мунагьал лъазе

Инсанасда тIадаб буго, лъикIал гIамалазулго гIадин, мунагьазул хIакъалъулъги лъазабизе. Квешлъи лъазе ккола гьелде ккечIого рукIине, квешлъи лъаларев жиндаго лъачIого ккола квешлъиялде.

Мунагьазул квешлъи живго инсанасде, яги рукъалъул агьлуялде, яги халкъалде бахинчIого букIунаро. КигIан черхалъе бокьаниги, бихьизе берцинаб, кваназе гьуинаб жо мунагь бугониги, гьеб ккола гьацIулъе жубараб загьру.

Дунялалъул загьру кванарав чи цо сагIаталъ унтула, цинги хола, цинги гьелъул унти тIагIуна. Бищун гьитIинаб мунагь гьабурав чи ТIадегIанав Аллагь тIаса лъугьинчIони, гьеб мунагь сабаблъун ахираталда гьесие гьабулеб гIазаб дунял бижаралдаса дунял паналъизегIан тIолго халкъалда чIамизабураб гIазабалдаса цIикIкIуна.

Амма гьитIинал мунагьалги, гьитIинал ругиланги абун, гьаруни чIахIиял мунагьазде сверула. Гьединго, гьитIинал ругониги, мунагьал, чIахIиял мунагьазде сверула, гьезда даимлъи, гьел такрарлъи хал гьабун. Гьелда тIадеги жинца гьарурал гIисинал мунагьал гIадамазда рицунел ругони, гьелги кIодолъула.

КьучIаб хIадисалда буго: «Муъминчиясда жиндасаго ккараб мунагь тIаде далараб мегIерлъун бихьула, мунапикъасда жинцаго гьабураб мунагь мегIералда аскIосан боржун унеб, жинца нахъе къотIараб тIутI гIадин бихьула», - абун.

Аллагь разилъаяв ЖагIфару Садикъаца абулаан: «Дуца цониги чи хIакъир гьавуге, дудаго лъачIого гьев Аллагьасул вали ватизеги бегьула. КигIан гьитIинабилан ккарабги лъикIаб жо дуца гьабичIого тоге, дуда лъаларо Аллагьасул разилъи кинаб лъикIлъиялда жаниб бахчун бугебали. Дуца кигIан гьитIинабилан ккарабги мунагь гьабуге, дуда лъаларо Аллагьасул ццим бахъин кинаб мунагьалда жаниб бахчун бугебали», - абун.

Гьединлъидал кигIан гьитIинаб мунагь гьабуниги, гьеб гьабураб сагIаталъ ракIги бухIун, пашманлъун, Аллагьасда ракI-ракIалъ гьаризе ккола: «Я дир БетIергьан, я Дир Аллагь, Мун дида тIаса лъугьа», - абун. Хадубккун гьеб мунагь гьабичIого тезе ракIалъ щулияб ният-къасдги гьабизе ккола. Ширк ккола Аллагь гуреб жоялъе лагълъи гьаби.

Масала, дунялалда цо-цояз бакъуе лагълъи гьаби гIадаб, цIвабзазе, цIадуе, ГIиса аварагасе, малаикзабазе лагълъи гьаби гIадинаб. Аллагь тун яги Аллагьасе гьабиялда цадахъ сундуе лагълъи гьабуниги, гьеб ширк ккола.

Гьединго ширк ккола гьаб тIабигIаталъ щибниги жо бижанин, гьабунин абиги. Кинабго бижулевги, хвезабулевги, чIаго гьабулевги, сахлъизарулевги, унтизарулевги, ракъизарулевги, гIорцIизарулевги, зарал гьабулевги, мунпагIат гьабулевги, зоб-ракьалда заррагIанасеб жо багъаризабулевги, чIезабулевги цохIо вати тIадав Аллагь вуго.

Бакъуца хинлъизаруларо, цIаялъ бухIуларо, носоца къотIуларо, кваница гIорцIизаруларо, даруялъ сах гьаруларо, лъеца, гьаваялъ, хинлъиялъ хер бижизабуларо - кинабго ТIадегIанав Аллагьас гьабула.

ТIадегIанав Аллагьас киналго сабабал рижана, сабабазда хурхун гьезул асаралги рижана, гIадамалги рижана, гьезул гIамалалги рижана. Нилъеца квенги кванала, даруги хIалтIизабула, лъимги гьекъола, амма гIорцIиги, сахлъиги, къеч буссинги бижулев Аллагь вуго.

Аллагьасда релълъараб цониги жо яги Аллагь цониги жоялда релълъарав вугилан абуни, гьебги ширк ккола. Аллагьасул цониги сифат цоги жоялъулъ яги цоги жоялъ цониги сифат Аллагьасулъ бугилан абуниги, гьебги ширк ккола.

Ширк ккола бищун квешаб купру, бищун кIудияб мунагь, тавбу гьабичIони, Аллагь тIаса лъугьунареб гIасилъи, гьелдаса тавбуги гьабун, шагьадат битIичIони, гьесие абадияб жужахI буго. «Муъминчиясда жиндасаго ккараб мунагь тIаде далараб мегIерлъун бихьула…»

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...