Аслияб гьумералде

Нилъер квен

Нилъер квен

ГIелму-лъай ккола гIадал нахуе бугеб бищун лъикIаб квен. ГIалимзабаз абула гIадалнахуе лъай, гIелму щолеб гьечIони, гьеб нахъе кколин абун. 

 

Исламияб диналъги ахIула гIелму тIалаб гьабейилан абун. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ тIоцебе рещтIараб аят букIана «Икъраъ», ай «ЦIале» абураб. ГIелму къваригIуна диниябги, гьелдаго цадахъ дунялиябги. Мисалалъе, инженер, тохтур, мугIалим къваригIуна. Гьел гьечIого тIураларо. Динияб гIелмуги къваригIуна, жиндие хIажатаб лъазабичIого бегьуларо. 

Аллагьгун ﷻ кIалалъаго Муса аварагас гьикъула: «Я дир Аллагь, гIадамазул бищун Дуе вокьулев щив кколев?» - илан. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абула: «ГIелму тIалаб гьабулев гIалимчи», - ян.

Нилъеда лъазе ккола ГIали-асхIабас абурал рагIаби: «ГIадамазе имамлъи гьабулес тIоцебе жиндирго напсалда малъизе ккола цогидазда малъизегIан. Гьесул тIабигIат букIайин абе мацIалдасаги цебесеблъун», - ян. Гьелъул магIна ккола, мацIалда дин букIинчIого, тIабигIат букIине кколин абураб.

Гьединго ГIали-асхIабас абуна: «ГIелмуялъул гIодобегIанаб ккола мацIалдалъун кIалъараб ва бищун тIадегIанаблъун ккола лугбазда гьеб загьирлъи», - ян. Цоги, ГIали-асхIабас абуна: «ГIелму ккола хирияб жо. Аллагьги ﷻ вуго Лъалевлъун, Гьесие вокьула гIалимчи», - ян.

Жакъа бокьарабгIан рес буго гIелму тIалаб гьабизе. Амма бокьизе кколаха. Нафсалъе бокьараб жо гьабиялъе нилъеда заман батула. Амма хIажатаб тIалаб гьабизе заман гьечIилан чIола.

ГIабдуллагь ибну ГIаббасица абуна: «Сулайман аварагас бечелъиялдасаги ханлъиялдасаги гIелму тIаса бищана. Гьелъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие бечелъиги ханлъиги кьуна», - ян. 

Абула гIалимчи ракьалда чирахъ гIадинав чи вугилан.

Абу Дардаъ абурав асхIабас абуна: «ГIелмуялъул цо суал лъазаби дие цIикIкIун бокьула тIубараб сордо гIибадаталда борчIиялдаса», - ян.

Инсан хвезе вуго жинца гьабулеб букIараб ишалда. Гьединлъидал гIелму лъазабизе рес щварав чи вуго талихIавлъун. 

ГIабдуллагь ибну ГIаббасица абуна: «Нужер гIамал лъикIаб буго гIелмуялдасаги. Амма бачIине буго цо заман, гIамалалдаса гIелму лъикIаб букIунеб», - ян.

Анас ибну Маликица абуна: «Нужеца гIелму тIалаб гьабе гьитIинго. Щивав бусурбанчиясда тIадаб буго гIелму тIалаб гьабизе», - ян. 

Цо гIакъилас абун буго, Къиямасеб къоялъ жив хIинкъун гьечIин дуца щиб гьабурабин абун гьикъиялдаса. Жив хIинкъун вугин дуда лъараб жо дуца кин хIалтIизабурабин цIехеялдаса. 

ХIакъикъаталда нилъ хIинкъизе ккараб бакI буго гьеб. Лъаларев чи Аллагьас ﷻ тIаса лъугьун тезе бегьула. Амма гIелмуги букIун, гьеб пайдаялъе хIалтIизабичIев чиясе Къиямасеб къоялъ кутакаб хIинкъи буго.

ГIумар ибну ХатIабица гьикъула ГIабдуллагь ибну Саламида: «ГIелмуялъул бутIрул щал кколел?» - абун. Гьес абула: «ГIелмуялда гIамал гьабурал чагIи руго», - ян.

ГIумар-асхIабас цIехола: «Кидаха гIелму рекIелъа тIагIунеб?» - ян. ГIабдуллагьица жаваб кьола: «Хьул лъураб мехалъ», - илан абун. ГIамалги гьабичIого, хьулазда рукIунел чагIийин абураб магIна буго гьелъул. 

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...