Аслияб гьумералде

Тавбу аврагзабазул гIамал

Тавбу аврагзабазул гIамал

Щивав чиясе мунагьаздаса ракI гурхIун тавбу гьаби тIадаблъун бугин абизе бегьула. Гьелдаса гIей гьабулин абураб пикру цебе тIамизецин кIоларо. Хасго гьаб нилъер мунагьазулъ тIерхьараб заманаялда. Инсан лугбузул мунагьаздаса цIунун хутIуларо, гьездаса гIицIлъаниги рекIел мунагьаздаса гIицIлъуларо, гьездаса гIицIлъаниги щайтIаналъ ботIролъе рехулел васвасаздаса гIицIлъуларо.

Аллагьасул хIакъалъулъ нилъеда лъазе кколеб, амма гIемерисезда лъалареб гIелмуялдаса ккола Гьесул сифатал лъазари. Цо-цо гIалимзаби руго гьел лъазари тIадаб бугин абулелги. Гьеб кинабго букIуна лагъасул хIалазухъги макъамазухъги хал гьабун. Щивав чиясул жинда рекъараб букIуна гьабулеб гIибадат ва цогидаб гIамалги.

Гьеб цIуни тIагIат гьаби ккола, гьеб рехон тей мунагь ккола. Киналниги тавбуялде хIажатал чагIи ращадал гьечIо, ай гIалимав чиясул тавбу букIуна мунагьаздаса, хассал чагIазул тавбу букIуна Аллагь рехсеялдаса, хасазулги хасазул тавбо букIуна Аллагь тун нахъияб жоялде жидер ракI гьетIиялдаса.

АбулхIасан Аннурияс абураб гIадин: «Тавбу ккола дуца тавбу гьаби Аллагь тун нахъияб щиналдаса, батIалъи букIинарищ мунагьаздаса тавбу гьабулесдаги, гъафуллъиялдаса тавбу гьабулесдаги, жиндир ракI Аллагь тун цоги жоялде машгъуллъарасдаги?», - ян.

Аварагазабазцин гIей гьабун гьечIеб мехалъ тавбу гьабиялдаса, гьеб гьаби нилъеда кигIан рекъон букIинареб.

Аварагас абураб буго: «Къоялда жаниб дица 70 нухалъ тавбу гьабула», - ян.

НухI аварагас Аллагьасде гьарана: «Мун дида тIаса лъугьинчIони ва гурхIичIони дун вукIина чIорого хутIараздасан». Гьединго Муса, ГIиса, Давуд, Сулайман ва цогидал аварагзабазги тавбу гьабуна. Халкъазул церехъабилъун ва ракьалда тIад Аллагьасул халифабилъун ругел аварагзабицин тавбуялде хIажалъидал, метер къиямасеб къоялъ Аллагьасда цеве вахъун чIедал гуккиялъул рокъор ругел, шагьватаздаги нахърилъунел, дунялалъги гуккарал, тIагIатги рехун тун шайтIаналъул чIолохъжоги ккун ругел мунагьазул цIурал нилъер хIал киндай букIина!?

Тавбуялъул буго лъабго шартI

ТIоцебесеб: гьабураб мунагьалда ва такъсиралда ракI ракIалъго пашманлъи. Аварагас абуна: «Пашманлъи тавбу буго. Пашманлъиялъул гIаламатги ракI тIеренлъи ва магIу чвахи буго», - ян. Цоги хIадисалда абуна аварагас : «Нуж гIодор чIа тавбу гьабуралгун, гьел ракIал тIеренал руго», -ян

КIиабилеб: киналго хIалазулъги кинабго заманалъулъги гьеб мунагь тей буго.

Лъабабилеб: чIван къотIараб, щулияб ният букIин буго гьеб яги гьелда релъараб мунагьалде нахъвусинарин. Гьелъул хIакъалъулъ Абубакр АльваситIиясда цIехедал гьес абуна: «Тавбу гьабурав чиясда хутIичIогун букIине доб мунагьалъул асар», - ян.

Жеги лъазе ккола тавбу кIиго бутIаялде бикьулеблъи. Цо нилъеца цебе бицухъе инсанасда жиндаго хурхараб, кIиабилеб цогиял гIадамазда хурхараб. Гьедин жиндагоги цогидасдаги гьоркьоб ккараб магIсият, мунагь, зулму бугони цере рицарал щартIазде тIаде бачIуна жеги ункъабилебги шартI. Гьеб ккола жиндие кьезе хIакъ бугев тIасалъугьинави.

БетIергьан Аллагьас жиндир лагъасе кумек гьабизе бокьараб мехалъ, гьев тIаса вищула тIагIат гIибадат гьабизе ва Жинцаго гьесие тавфикъ кумекги гьабула, гьесул ракIги гвангъизабула. Цинги гьеб гвангъиялдалъун лагъасда бажарула текъабги хIакъабги батIа бахъизе, жеги гьев ваккизавула жиндирго нафсалъул гIайибазде.

Аллагьас кьеги гьарарасе гьединаб тIоритIи. Амин!

МАХIАЛИЕВ МУХIАММАД, ДУБКИ МАДРАСАЯЛЪУЛ МУГIАЛИМ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...