Аслияб гьумералде

АскIорецин къаге!

АскIорецин къаге!

АскIорецин къаге!

Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Нуж зинаялде аскIорецин къаге! Гьеб буго гIорхъолъа борчIун чорокаб пиша, зинаялъул нухде лъугьарав чиги квешаб нухде лъугьарав чи вуго». (Суратул «Исраъ», 32-аят).

Гьеб аяталъ нилъее баян гьабулеб буго зина цIакъго квешаб, гьабизени киса бегьулеб, гьелде гIагарлъизецин бегьулареб иш букIин. ГIагарлъизеян абураб жоялъул магIна ккола, чияр руччабазухъ балагьуге, шаргIалда рекъолареб калам гьабуге, гIадамал гьечIел бакIазда гьелгун данделъугеян абураб.

Гьале зияналъул хIакъалъулъ хирияв Аварагасул ﷺ цо-цо хIадисазул магIнаби:

– «Аллагьасда божулев бусурманчияс зина гьабуларо».

– «Бусурманчияс зина гьабураб мехалъ гьес жиндирго габуралдаса Исламалъул кIичI бахъула».

– «Нужее бищун хIинкъи цIикIкIараб жо зина гьаби буго».

– «Сардил бащалъи хутIараб заманалда зобалазул каваби рагьула ва Аллагьасул рахъалдасан ахIула «ДугIа гьабулев чи гьечIищ жаваб гьабизе», - ян. Гьеб сордоялъ киназего жаваб гьабула, гIицIго зина гьабун, гьелдалъун гIарац балагьулей гIаданалъулги, налогал рахъулев чиясулги дугIаялъе хутIизегIан».

– «Зинаялъ мискинлъи тIаде цIала».

– «КIиго малаикги вачIун, дун цо бацIцIадаб ракьалде вачана, дида гьениб цIадул кор гIадинаб жо батана. Дида гьениса гьаркьал рагIана ва гIицIгоял руччабиги бихьиналги ратана. Гьезда гъоркьан, мех-мехалда, цIадул лагьи бачIунеб букIана. ЦIадул лагьи речIчIанщинахъе гьел чIичIидулел, чIва-чIвадулел рукIана. Дида бицана гьел зиначагIи ругилан».

– «Макьилъ кIиго малаикги вачIун, гьез дун цо магIарде вахинавуна... Дун цинтIаго цо къавмалде тIаде ккана, квешго къаркъалаби гьорорал, хIажатханаялдаса гIадин кутакалда квешаб махIги бахъарал. Дица гьикъана гьал щал чагIиян. Цояс дида абуна гьел зиначагIи ругилан».

– «Цо чияс зина гьабураб мехалъ гьесдаса иман бахъула, гьеб иман гьесул бетIералда тIад дугъ гIадин чIола, тавбу гьабураб мехалъ иман гьесде нахъги буссуна».

– «Цо рагьибасул (монах) 60 соналъул гIибадатги, цо нухалъ гьабураб зинаги цIадирабазда лъуна, гьесул зина гIибадаталдаса бакIлъана». «Къиямасеб къоялъ ТIадегIанав Аллагь балагьизего балагьуларо зина гьабурав херав чиясдеги, херай чIужугIаданалдеги».

– «Зина гьабулел руччабазул чорхолъа чвахараб чороклъиялъ жужахIалъул агьлуялъе тIадеги къварилъи гьабула».

– «3инаялда тIадчIей гьабулев чи хъанчие лагълъи гьабулесда релълъун вуго».

– «Дир умматалъулъ зинадулъа лъугьарал лъимал гIемерлъараб мехалъ Аллагьас киназдего гIаммаб гIазаб тIамула».

ГIемерал хIадисал руго зинаялдаса цIунарал гIадамазе Алжан тIалъулилан, Къиямасеб къоялъ ГIаршалъул рагIдукь чIезарулилан, мунагьал чурулилан, балагьаздаса цIунулилан бицунел.

Аллагьас цIунаги!

АхIмад Къурбанов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...