Аслияб гьумералде

Аварагзабазул тIабигIат

Аварагзабазул тIабигIат

Аварагзабазул тIабигIат

 

Аварагас азаралда ункънусго соналъ цебего асхIабзабазда бицун букIана, бачIине бугин цо заман, хIалимлъи-хIеренлъи гIадамаз хIинкъи-цIукIлъилъун, нич ва нахъе къай гIодобегIанлъилъун рикIкIунеб. Хирияв аварагас азаралда ункънусго соналъ цебе бицараб  жакъа нилъер беразда баянго бихьулеб буго.

 

Бусурбабазул хъизаназда эбел-инсуда цебе лъималаз нечечIого бокьараб хабар бицуна, руччаби махIрамияв чи цадахъ гьечIого чияр бихьиналгун цо рокъор яги машинаялда рекIуна, шагьар тун къватIире сапаралъ рахъуна. Хирияв Аварагас ﷺ асхIабзабазде амру гьабуна: «Нуж ТIадегIанав Аллагьасдаса неча», - ян. АсхIабзабаз жаваб гьабуна: «Я, Бичасул авараг, ниж Аллагьасдаса нечола, нижеца Гьесие реццги гьабула», - ян. Цинги, Аварагас ﷺ абуна: «КIалалъ бицараб жо ничлъун букIунаро, хIакъикъаталда, Аллагьасдаса нечолев чияс жиндирго пикраби хIарамалдаса цIунула, чехь хIарамаб жо жаниб ккеялдаса цIунула, хвалилги, хабал гIазабалъулги пикруги гьабула, дунялалъул берцинлъабиги рехун тола», - ян.

Цо нухалда Аварагас ﷺ черх чурулев чиясда аскIосан унаго абуна: «Ле, гIадамал! ХIакълъунго, Аллагь чIагояв, кинабго бихьулев, гIадамазул гIайибал рахчулев вуго. Гьединго, щивав чиясда тIадаб буго нечолевлъун, мунагьал рахчулевлъун вукIине. Нужер цонигияс черх чурулеб мехалда гIадамазул бераздаса рикIкIалъе»,  - ян. Гьанже хал гьабеха, диналъул вацал, риидал нилъер шагьаралда ралъдал рагIалде ччугIби гIадин ран рукIунел гIадамазухъ. Кин гьезда кIочонеб гьел хIарамалда, гIадамазул берзукь рукIин ва бокьараб мехалда Аллагьасул ﷻ къадар тIаде щвезе рес букIин. Аварагас ﷺ хIадисалда абулеб буго: «Нич иманалдаса буго, иман алжаналда букIине буго, нич гьечIолъи хъачIлъиялдасан буго, хъачIлъи жужахIалъуб букIине буго», - ян. Абу Аюбил Ансарияс бицараб хIадисалда буго: «Ункъо жо буго киналниги аварагзабазул нухлъун жиб бугеб:  берцинаб махI гьаби, чIужу ячин, сивак бахъи, рекIелъ нич букIин», - ян. Жеги Аварагас ﷺ абулеб буго: «ХъачIлъиялъ инсанасда ругъун лъола, ничалъ инсан берцин гьавула», - ян.

Абу Лайс Самаркъандияс хъвалеб буго: «Нич кIиго батIияб буго: цо дудаги гIадамаздаги гьоркьоб бугеб, цогидаб Аллагьасдаги дудаги гьоркьоб бугеб. Дудаги гIадамаздаги гьоркьоб бугеб нич, дуе хIарам гьабураб бакIалдаса берал цIуни буго, Аллагьасдаги дудаги гьоркьоб бугеб нич, гьес дуе кьурал нигIматал лъай, гьесие гIасилъиялдаса цIуни буго», - ян.

Салману Фарисияс абуна: «Дие Аллагьас лъабго нухалъ рухI бахъун, лъабго нухалъ чIаго гьавизе бокьила, цонигиясул гIавраталда бер речIчIиялдаса,  яги цонигиясда дир гIаврат бихьиялдаса», - абун. Жинда свалат-салам лъеяв ГIиса аварагас абуна: «Нуж хIарамаб балагьиялдаса цIуне, хIакъунго, гьелъ рекIелъ шагьват бижизабула ва инсан питнаялдеги вачуна», - ян.

Жинда Аллагь разилъаяй ГIаишатица абуна: «Дун Хирияв аварагги, дир эмен Абубакар-асхIабги вукъараб рокъоб, ратIлилъ цо дагьай чучго йикIунаан. Щайгурелъул, гьел дие махIрамиял рукIиналъ. Амма гьезда аскIов ГIумар-асхIаб вукъидал, дун кутакалда юхьа-къан гурони гьеб рокъое лъугьинчIо, ГIумар-асхIабасдаса нечон», - ан.

ХIусенил вас ГIимраница бицараб хIадисалда хирияв Аварагас ﷺ абулеб буго: «Нич лъикIлъиялдалъун гурони бачIунаро», - ян. Жинда Аллагь ﷻ разилъаяв Ибну ГIаббасица бицана: «Иманги ничги цо бухьеналда буго, гьезул цояб ани, гьелда хадуб цогидабги уна», - ян.

 

АхIмад МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...