Аслияб гьумералде

Щукруялъул хIакъикъат

Щукруялъул хIакъикъат

Дунялалъул рокъоб нилъеца хIалтIизарула гIемерал нигIматал. НигIмат хаслъуларо гIицIго кванда, гьеб ккола машинаги, рукъги, гьаваги, бакъги ва цогидабги. Пикру гьабе, цо къоялъ ТIадегIанав Аллагьас бакъ ва гьава нахъе босани, инсанас щиб гьабизе бугеб? Гьеб мехалъ Аллагьасда божуларесги иман лъела.

Нилъеда бажаруларо Аллагьасе нилъерго черхалъул щукру гьабизе, щайин абуни нилъеда бичIчIунгутIиялъ. Гьеб бичIчIулеб букIарабани, БетIергьанасдехун нилъеца гIасилъи гьабилароан. Гьединал загIипал чагIи нилъ ругониги, нилъ рукIуна кутакал чагIи гIадин. Сундасаха гьеб бижулеб? РакI биццалъиялдалъун.

Цо нухалъ Давуд аварагас ТIадегIанав Аллагьасда абула: «Щукру Дудасан нигIмат бугеб мехалда, кин гьеб гьабулеб?» - ян. БетIергьанас абула: «Я, Давуд, гьанжеха дуца Дие щукруго гьабураб», - ян. Цинги Давуд аварагас Аллагьасда гьарула: «Я, дир БетIергьан! Дие сундулъго кумек гьабурабгIадин Сулайман аварагасеги кумек гьабе», - ян. ТIадегIанав Аллагьас абула: «Дуца Сулайманида абе мунгIадин вукIунев ватани, Дунги гьесие кумек гьабулевлъун вукIина», - ян.

Муса аварагас абула: «Я, дир БетIергьан! Адам аварагас Дуе кин щукру гьабураб?», - ян. БетIергьанас абула: «Гьесда бичIчIана нигIмат Дидасан букIин. Гьеб лъугьана гьес Дие щукру гьабураб гIадин», - ян.

ХIасан Басрияс Фуркъад бин ЯгIкъубида абула: «Дида рагIана дуца фалузаж (гьуинлъи) кваналарин», - абун. Гьес ХIасан Басриясда абула: «Дун хIинкъун вуго гьелдаса щукру гьабизе кIвеларин», - абун. ХIасан Басрияс абула: «Я, хIинкъуч, дуца гьекъолеб цIорораб лъехъ щукру гьабизе бажарулищ дуда?», - ян. Дуда рагIичIищ ТIадегIанав Аллагьасул рагIи (магIна): «Я, иман лъурал гIадамал, нужеца кванай рацIцIадал жал, Аллагьас нужее ризкъилъун кьурал. Нужеца Аллагьасе щукру гьабе Дие гIибадат гьабулеб батани», - ян (суратул «Бакъара», 172).

ГIумар бин ГIабдулгIазизица абуна: «Нужеца нигIматал ракIалде щвезаре. Гьел ракIалде щвей щукру ккола», - ян. Вализабаз лъим гьекъедал, гьезда гьеб Аллагьасдасан щукрулъун бихьулаан, ай Аллагь кIочон толароан. Нилъеда абуни, лъим гьекъолаго щиб гурин, какал ралеб мехалъцин Аллагь ракIалде щоларо. Бокьараб жо ботIролъе бачIуна, Аллагь хутIизегIан. Гьелъ тIоритIел гьабула нилъер ракIал унтарал рукIиналда. Аллагь лъарал гIадамаз абуна: «Щукру гьабулел чагIи рикьула кIиго тайпаялде: цояс щукру гьабула бугеб жоялда, цогидас щукру гьабула гьечIеб жоялда», - ян. Аллагьас тавпикъ кьеги хIакъикъат бичIчIизе.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...