Аслияб гьумералде

ХIуби жагъаллъизе тоге

ХIуби жагъаллъизе тоге

ХIуби жагъаллъизе тоге

Как буго диналъул хIуби. Гьеб буго чияс шагьадат битIун хадуб бищун кIвар кьезе кколеб гIамалги. Гьелъул мухIканлъи гьаби ккола Аллагьасда унго-унгояб куцалъ чи божиялъул гIаламат. Гьеб буго ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда парз ва гIамалазул аслиябин абураб, гьединго хирияв Аварагасги , воре, какил кIвар гьабичIого тогеян васият гьабураб.

 

Аварагас ﷺ абун буго как бугин Алжаналде рачиналъул кIулилан. Иман лъеялда хадуб гьеб бугин лагъасдасан Дие бищун бокьулеб гIамалин абун буго Аллагьасги ﷻ. Как ккола бусурбабазул жанисеб рахъ бацIцIад гьабулеб, гьарурал гIамалазул пикру гьабиялде рачун, мунагьаздаса тавбу гьабиялде кантIизарулеб. Как балелъул (хасго мажгиталда жамагIатгун) гьелъ черхалде бачIинабула гIодобе биччай, рухIияб рахъалъе парахалъи, кумек гьабула иман щулалъизе.

Аллагьасул ﷻ руго хасал малаикзаби, бусурбабаз какилъ гьарулел пишабазул цо-цоял гьарулел рукIунел. Гьезул цоял руго кидаго АлхIам цIалун рахъун чIун рукIунел, цогидал - рукIугI гьабулел, хадусел - суждаялда ругел, гьезда хадусел - кIиябго суждаялда гьоркьор чIоледухъ гIодор чIарал, ай нилъеца как балелъул гьарулел гIамалал гьарун кидаго гьелда машгъуллъарал. ХIадисалда буго, ЖабрагIил малаикас кIикъоазарго соналъ бан бугин кIиго ракагIат какилин абун. Гьелдаса хадуб Аллагьас ﷻ абун буго гьесда, МухIаммадил умматалдаса чияс бараб кIиго ракагIаталъул как Жиндие хирияб бугин дур гьелдасаян. Гьедин Аллагьас ﷻ абиги буго нилъер Авараг ﷺ кIодо гьави.

ХIисаб гьабидал, как баялъулъ нилъер лъабго батIияб хIал буго. Цоял руго как ахIидал хантIан тIадеги рахъун гьеб балел, кIиабилеб къокъа буго жамагIаталда цадахъ балел, лъабабилел абуни руго дагьаб хадуб балиланги абун, кIарчамлъи биччалел. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абун буго (магIна): «Нужеца какал цIуне, гьел гIужда тIоритIиялдалъун», - ин («Бакъарат»). Жеги абулеб буго (магIна): «Нужерго БетIергьанасул ﷻ рахъалъан мунагьал чури тIалаб гьабиялде гIедегIе», - ян («Алу-ГIимран»).

ГIужда бараб как мунагь чуриялъе сабаблъунги буго. ХIадисалда буго: «БукIине кколедухъ какичури гьабурав чиясул гьарун арал мунагьал чурула, бараб какихъги мажгиталде иналъухъги жеги тIадеги кири хIасуллъула», - ян (Муслим).

Жабир-асхIабасдасан бицараб цогидаб хIадисалда буго: «Щуябго как балев чи релълъун вуго жиндир рукъалда цебесан чвахулеб гIурулъ къойида жаниб щуго нухалъ чвердолев чиясда. Гьединасул черхалда кинаб бугониги чороклъи хутIилищ?» ХутIиларин аскIор рукIараз жаваб гьабидал, Аварагас ﷺ абуна: «Лъеца чороклъи чурулеб кинниги, къойил балеб щуябго какги ккола жинца мунагьал инарулеблъун», - ин (Муслим).

Аварагасда ﷺ гIамалазул бищун лъикIаб щиб кколебин цIехедал, гьес ﷺ абун буго жиндир заманалда бараб как бугин.

ГIужил авалалда как баялъул даража чиясе щвечIого букIунаро гьев как базелъун лъим балагьи, какичури гьаби, как ахIи гIадаб гьелъие къваригIунел жалазда хадув лъугьиналдалъун.

Ибну ГIумаридасан бицана: «ГIужил авалалда бараб как Аллагь ﷻ разилъи буго, гьелъул ахиралда бараб как Аллагь ﷻ тIаса лъугьин буго», - ян. Абу-Бакарица абуна Аллагь ﷻ разилъи цIикIкIун бокьулила жидее, Аллагь ﷻ тIаса лъугьиналдасаян. ГIужил авалалда жинцаго как барав чиясеги хирияб буго хадуб жамагIат гьабун балеб бихьидал, гьезда цадахъги цIигьабун бани, щайин абуни жамагIатгун баралъул кири къоло анкьго нухалъ цIикIкIараб бугелъул.

ЖамагIаталда как балел муъминзаби цолъизарула, цоцаздехун гьуинлъи цIикIкIинабула. Какалъ Аллагьасде ﷻ гIагарлъи бижизабула, Гьесул ﷻ лагъзал рукIин бичIчIизабун дунялгун ахираталъул пикру гьабиялде рачуна.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги щивав чиясе диналъул хIубилъун бугеб какил кIвар гьабизе ва гьелда тIад чIезе! Амин!

 

АхIмад Къурбанов

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...