Аслияб гьумералде

25 соналъ вагъарав муршид

25 соналъ вагъарав муршид

Нилъеца гIумру гьабулеб буго гIажаибаб заманалда. Цебе, хасго Шамил имамасул заманалда, лъиданиги ракIалдецин кколеб букIун батиларо, цо-кIиго гIасру индал  гIадамаз гьикъизе батилин Шамил имам суфиявищ вукIаравилан абун. Гьединаб суал релълъуна бакъуца канлъи кьолищин гьикъиялда. Нилъер умумузул киданиги щаклъи букIинчIо имам Шамил тIарикъаталъул чи вукIиналда.

 

Шайих СагIид-афандиясул заманалда гIумру гьабурав чиясда гьикъани, гьесул тIарикъаталдехун хурхен букIиналда лъилниги щаклъи букIине гьечIо. Амма кIинусго соналдаса чангияс хIаракат бахъизе батила СагIид-афанди накъшубандияв шайих вукIинчIин абизеги. Амма жакъа цо-цоязе документалиял, тарихиял далилал рихьизе бокьун бугелъул, нилъ руссине ккола Шамил имам вихьаразул ва гьесул заманцоязул нугIзабазде. Гьединазул цояв вукIана 1834 соналъ гьавурав гIалимчи ХIасан ал-Къадар. Гьев вукIана шайих МухIаммад Ярагъил хъизамалдаса ва живго нугIлъун вукIана Шамил имамасул заманалда ккараб жоялъе. Жиндирго тIехьалда гьес хъвалеб буго шайих Хас-МухIамад Аширваниясухъа накъшубандияб тIарикъаталъе нухмалъи гьабизе кIудияв инсуе изну щун хадуб гьесухъе шаригIат ва тIарикъат лъазабизе гIемерал гIадамал рачIине байбихьанин. Гьенире рачIаразда гьоркьор рукIанин имам Рази МухIамад ва шайих Шамил. Гьел кIиязго МухIаммад Ярагъиясухъа босанин тIарикъат ва гьелъие нухмалъи гьабизе изнуги щванин. Гьелдаса хадуб росулъе тIадруссун, Авариялда ва сверухъ ругел ракьазда шаригIат ва тIарикъат тIибитIизабизе байбихьанин абун.

Шайих Жамалудин Гъумукъиясул вас ва Шамил имамасул дурц ГIабдурахIманицаги бицун буго доб заманалда Дагъистаналда цIалулел рукIарал гIелмабазул. АнцIила кIиго аслияб гIелмуялда гьоркьоб гьес рагьун рехсолеб буго тасаввуф, ай тIарикъат динияб тарбия кьеялъул тIабигIияб бутIа хIисабалда.

Машгьурав тарихчи Назир Дургъелица «Нузгьатул Азгьан» абураб тIехьалда хъван буго накъшубандияб тIарикъаталъул рухIияв шайих МухIаммад Ярагъиясул хIакъалъулъ имам ГъазимухIаммадидаги Шамилидаги лъараб мехалъ, гьел кIиялго гьесухъе анин, тIарикъатги къабул гьабунин, гIадамазе насихIат гьабизе изнуги щванин. ТIадруссиндал гьез байбихьанин шаригIат ва тIарикъат тIибитIизабизе, гьезухъе вирдал росизе ва суфиязул нухдасан ине.

Гьединго ГIабдурахIманица бицун буго динияб лъаялъулъ камиллъиялде щун, имам ГъазимухIаммадие бокьанин Халидил накъшубандияб тIарикъаталде лъугьине. Гьеб нух уна шайих Халид Багъдадиясухъе.

Шайих ШугIайб Багинияс «ТIабакъат» тIехьалда хъван буго имам Шамил вукIанин унго-унгояв накъшубандияв тIарикъаталъул устарилан.

Шамил имам Мадинаялда вугеб мехалда, Аварагасул ﷺ наслуялъул ва накъшубандияб тIарикъаталъул шайихас, машгьурав гIалимчияс, имам Шамил вачIун вугин рагIидал, унтун вугониги, лъималазда гьарун буго жив гьоболасухъе вачеян. Имам Шамил вихьидал, гьесул хIатIазде вортула ва гьезда убач гьабула. Имамас гьев тIаде вахъинавула ва къвал бала.

Имам Шамил хведал, гьесул жаназа букъизе босулелъул, гIадамаз хIаракат бахъулеб букIуна малиялда квер хъвазе. Цо-цоял ракьалда регана, имамасул жаназа жидеда тIасан инелъун. НугIзаз бицунеб букIана хабада аскIоб жаназа гIодоб лъедал, гьеб дагьабго борхун бачIанин ва хабаде хитIаб гьабун кIалъанин: «Я, дир хоб, дие рекIелгъейлъун ва алжаналъул ахлъун букIа, дие жужахIалъул донкIолъун букIунге», - ян. Гьеб лъугьа-бахъиналъ гъваридаб асар гьабуна гьенир рукIаразе.

Имам Шамилил зонода кIудияв шайих АхIмад РифагIияс жиндирго квералъ хъван буго: «Гьаб хоб буго Аллагьасул валиясул, 25 соналъ Аллагьасул нухда вагъарав муршидасул,  хIакъикъияб нух тIаса бищарав кIудияв гIалим, иман лъуразул цевехъан, Дагъистаналдаса шайих  имам Шамил-афандил. Аллагьас гьесул рухI бацIцIад гьабеги, лъикIал гIамалал гIемер гьареги», - ян.

 

Шамил ГIумаров, Муфтияталда цебе бугеб гIадамазулгун хIалтIи гьабулеб отделалъул нухмалъулев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...