Аслияб гьумералде

КӀал биччаялъул байрам

КӀал биччаялъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!

 

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда тӀаде щвараб баракатаб кӀал биччаялъул байрам: кӀал кквеялъул, как баялъул, ракӀбацӀцӀадаб тавбуялъул ва рухӀияб рахъалъ хисиялъул цӀураб хирияб рамазан моцӀ лъугӀулеб къо.

Гьеб байрамалъ цоги нухалда ракӀалде щвезабула исламалъул къимат: гурхӀел-рахӀму, цоцазе квербакъи, цолъи, мадугьаласул ургъел гьаби. Хъизамалъулгун бухьенал щула гьаре, къварилъиялда ругезул хӀисаб гьабе ва цогидазе рохел бикье. Щайгурелъул, гьеб кколелъулха байрамалъул хӀакъикъияб магӀна.

Гьеб къоялъ дицаги дугӀа гьабула хасаб рагъулаб операциялъул зоналда ругел, хъизан-лъималаздаса ва гӀагарлъиялдаса рикӀкӀад хутIарал нилъер вацазегун яцазе. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ гьезул къвакIигун-яхI щула гьабеги, гьезие сахлъи кьеги, гӀумру цӀунаги. ТӀадегӀанас ﷻ нилъги гьаб ракьалда парахатго таги.

Гьарула Аллагьасда ﷻ нилъер ккурал кӀалалги, гьарурал лъикӀал гIамалалги, дугӀабиги къабул гьареян, хӀакъаб нухда рукIине къуват кьегиян, БетIергьанасул ﷻ гӀурхъи гьечӀеб рахӀматалъухъ ракӀазулъ шукру цӀикӀкӀинабегиян.

Баракат ва рохел гьарзалъаги нилъее кӀалбиччанкъоялъ. Нилъер цолъи щула гьабеги, ритӀухълъиялде, цоцазул адаб-хӀурматалде, вацлъиялъулаб рокьиялде рачаги нилъ киналго.

Баркула нужеда байрам! ТӀадегӀанав Аллагьасул ﷻ рахӀмат ва баракат лъеги киназдаго.

 

ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афанди

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...