Аслияб гьумералде

ГIелмуги гIамалги рекъарав

ГIелмуги гIамалги рекъарав

Бокьун буго баркала кьезе Гъуниб районалъул КIуяда росдал Агъада бугеб мажгиталъул имам ХIажимурад МухIамадовасе гьес росулъ гьарулел ругел тадбиразухъ. ХIажимурад вуго бицун хIалкIолареб рецц-бакъалъе мустахIикъав инсан. Гьев вуго гIадатияв муъминчи, чIухIи, пахрулъи жиндилъ гьечIев, чIахIиязул адабги, гIисиназул хIурматги гьабулев, тIарикъаталъул устарзабиги кколев, гIелмуги гIамалги рекъарав Аллагьасул лагъ.

 

ХIажимурадица дарсал кьола щибаб анкьалъ, щибаб колоде вачIун данде гьарула жамагIатал. Гьединго Къуръан цIализе малъана Агъада школалъул цIалдохъабазда. Щибаб моцIрол ахиралда данде гьарула шагьаралда ругел гIолохъаби. ХIажимурад щола зияраталъ унтаразухъегун херазухъе.

Гьесул гIаданлъи, хIеренлъи баян гьабун гьаб гьитIинабго рисалат битIичIого яхI гьабизеги кIвечIо. Жакъа ниж разилъарал гIадин Аллагьги разилъаги гьесдаса.

Инсан берцин гьавула берцинаб тIабигIаталъ, гIамалалъ, адаб-хIурматалъ. Гьеб кинабго Аллагьас рекъезабун кьурав чи вуго ХIажимурад.

Нижеца гьесие гьарула щулияб сахлъи, халатаб гIумру, хадубккунги гьедин хIалтIи гьабизе тавпикъгун къуват.

 

 

ГIумарасхIаб АхIмадханов, Гъуниб район, КIуяда росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...