Аслияб гьумералде

Аллагьасе ﷻ гIоло

Аллагьасе ﷻ гIоло

ЧIикIаса Нурхlажиев Багьавдин 20 соналъ гIумру гьабун вукIана Каспийск шагьаралда. БетIербахъи гьабулеб букIана заводаздаги хӀалтIун. Как-диналъул рахъ босани, советияб заманалда гlемерисезулго гIадин, гьесулги «тlеренго» букIана иш.

Багьавдиница къасд гьабуна гlагараб инсул росулъе вачIине, минаги бичун босун. ТlадегIанав Аллагьас ракIги гьесизабун, жамагIатгун как базе мажгиталде вачIине лъугьана Багьавдин. Гьенив мажгиталда будунлъун хӀалтIулев вукIарав ГьитIинав ГIабдулагьилгун лъикIаб гьоркьоблъиги ккун, Багьавдиница мухIканго как базе лъазабуна. Гьелдаго цадахъ ругьунлъана какде гӀадамал ахIизеги къамат гьабизеги. Будун-дибир гьечlеб мехалъ гьес жамагIаталъе имамлъи гьабун какги балеб букIана. Лъабкъого соналде вахарав чияс сардилъ мадрасаялде цIализеги хьвадун берцинго Къуръан цӀализе лъазабуна.

Будунги гьечIого мажгит хутIун букIараб мехалъ, гьес тlаде босана будунлъи гьабизе ва гьабуна кӀигоялдаса цIикIкIун соналъ Аллагьасе гӀоло киридахъ. Гьебги гьабуна ракIбацIадго, мухьги босичIого. Къуръан цIализе лъазабиялда гьес гlей гьабичIо. Къаси-къаси мадрасалде хьвадун, 63 сонил гӀумруялде вахарав чияс, исламияб гIелму лъазабулеб буго. Исламияб жамгIияб хIалтIулъги гьев камурав бак букIунаро. Кутакалда хIаракат бахъула Багьавдиница «Ас-салам» ва «Нурул ислам» казиятал хъвазаризе ва гьел тIиритIизаризе.

ЖамгIияб хӀалтIул лъикIал хӀасилаз мустахIикълъана муфтияталъул шапакъатазе. Гьес 9-10 «Ас-салам» хъвала жиндирго гIарацги кьун, гIадамаздаги бихьичIого мажгиталъул жанахIалъуб лъола казият бачIунарезе цIализе, балъгояб садакъа кьолеб хIисабалда. Багьавдиница кIиго нухалъ хӀеж-гIумраги борхана. КIиабилеб хӀежалде унаго цадахъ паризаяб хlеж гьабизе хъизан ПатIиматги ячана.

НАСРУЛА АБАКАРОВ, ЦIИЯБ ЧIИКIАБ РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...