Аслияб гьумералде

Шамил имам щив кколев

Шамил имам щив кколев

«Ас-салам» газеталда бахъун букIараб, «Шамил имам кинав чилъун нужеда лъалев» абураб суалалъе жаваб:

Накъшубандияб тIарикъаталъул муршид, Дагъистаналъул лъабабилев имам. Генуб росулъ, гьижрияб 1212 сональул тIоцебесеб мухIаррамалъ (1797 соналъул 26 июнь) гьавурав, Дагъистаналъул ва Чачанлъиялъул халкъазул эркенльиялъе гIоло гьабураб къеркьеялъул тIолабго дунялалдаго машгьурав цевехъан, Северияб Кавказалъул мугIрузул гIадамазул цевехъан, Имамат пачалихъ гIуцIарав, льимерлъи ва гIолиллъи лъай балагьулаго арав, гьунар бугев, Къуръан цIалулев, МухIаммад аварагасул гIумру лъалевлъун вукIарав, гIелмаби малъулел мадрасаби, цIалулел бакIал рагьарав, халкъалда гьоркьоб къадру-къимат цIикIкIарав, къвакIиги лебаллъиги гIемерал лъугьа-бахъиназулъ бихьизабурав инсан.

Уматай ХIажиева, 82 сон, казбек район, Дилим росу.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...