Аслияб гьумералде

Балагьал нахъчiваялъе бигьаяб сабаб

Балагьал нахъчiваялъе бигьаяб сабаб

БетIергьанас инсанасул гьаб дунялалъул рокъоб хIал бихьула батIи-батIиял балагьаздалъун. Гьелги рукIине бегьула гьесул черхалда, наслуялда яги магIишаталда хурхарал. Гьелъул хIикматги ккола инсанасда гьаб дунял балагь-питнаялъул, захIмалъи баччиялъул ва хехго толеб, щибго пайда жиндаса гьечIеб букIин бичIчIизаби.

Гьале нилъер заманалда баккун буго дунялалда тIадго тIибитIараб вабаалъул унти. Дунялалда тIад цониги бакI гьечIо гьеб тIибитIичIеб. Гьелдаса цIунизелъун тохтурзабаз рихьизарулел руго батIи-батIиял къагIидаби.

Гьаниб нилъеца ракIалде щвезабила балагькъварилъиялдаса цIуниялъе хириял хIадисазда ругел малъа-хъваял. Инсан балагьаздаса цIуниялъе хирияб хIадисалда лъикIаблъун рехсолеб буго садакъа кьей.

«Нужеца радал рахъун садакъа кье, гьелда тIасан бахине балагьалда кIоларо», - ян буго хIадисалда. Цоги хIадисалда буго: «Нужеца нужерго унтарал садакъа гьабиялдалъун сах гьаре», - ян.

Гьаб заманалъе данде кколеб дару садакъаялда жаниб буго.

Имам Байгьакъиясухъе вачIун вуго цо чи накалда баккараб ругъун чвахулеб бугин анкьго соналъиланги абун. Кинал тохтурзабахъе аниги, кинаб дару гьабуниги бецIцIун гурони чIолеб гьечIин абун. Цинги гьес абун буго, дуца балагьейин гIадамал лъималде хIажатаб бакI ва гьениб дурго харжалдалъун гъуйги бухъейин, жиндир хьул бугин гьениса лъимги баккун дур бохалда бугеб ругънадаса бецIцIулеб рецIгун би къотIилин абун. Гьес малъухъе гьабидал, ругъунги сахлъун буго.

Нилъеца цIакъго гIиси-бикъинаб жойин толел исламалъул ишазда жанир гIемерал хIикматал рахчун ратула. Балагьал гIамлъараб заманалда рекъараб букIина киназго данделъун садакъаби гьарулелани. Рецц Аллагьасе, БетIергьанас Дагъистаналда гьарзаго кьун руго сахаватал, бечедал гIадамал. Гьединлъидал нилъеда кколеб буго цIакъго бечедав чияс гьабулеб жойин садакъа абун.

Садакъа гьабизе рес гьечIев чи цониги ватиларин абизе бегьула нилъеда гьоркьов. Бугес бугелда рекъон гьабизе бихьизабураб жо буго гьеб. Рес бугев чи садакъаги босун вачIинегIан чIей гIакълу гуро. Хасго гьадинаб унти тIибитIараб заманалда гIезегIан руго жидер букIараб хIалтIи гьеб унти тIибитIиялъ тIаде бачIунеб капек къарал гIадамал.

Гьединазе кумек гьабун садакъа гьабизе ккела. Гьединго руго кигIанги унтарал гIадамал багьа-багьаял дараби росе рес гьечIел яги гьел росулаго кIудиял налъабазде ккарал. Гьединал гIадамазе кумек гьабуниги нилъедаса балагьал нахъчIвала БетIергьанас. Аллагьас кумек гьабеги кинабго лъикIлъиялъе ва тIолалго бусурбаби гьеб балагьалдаса цIунунги хутIаги!

Амин!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...